Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръаналъул тафсир гьабиялъул шайихилан лъида абулеб?

– Ибну Жарир ТIабарида.

2. Къуръан цIунулей абураб цIар лъие кьун букIараб?

– ГIумар бин ХатIтIабил яс ХIафсатие.

3. Къуръаналда рехсана гIадамазухъе вагIзалъун бачIанин Аллагьасдасан? Щиб гьеб?

– Къуръан.

4. Руччабазда рузман тIалъулищ?

– ТIалъуларо.

5. Къуръаналда бугеб «Явмул МавгIуд» абураб рагIиялъул магIна щиб?

– Къиямасеб къойин абураб.

6.  Къуръаналда бищун гьитIинаб сура щиб?

– Сура «ал-Кавсар».

7. Маккаялде тIоцебе хъанчIал рачIарав чи щив вукIарав?

– ГIамр бин ЛухIай.

8. Цо бакIалде цо имамлъиялда гъоркь тIоцебе таравихIалъул как базе лъица ракIарал?

– ГIумар бин ХатIтIабица.

9. АхIзаб абураб гъазаваталда мушрикиназул харбал лъазелъун аварагас ﷺ щив витIун вукIарав?

– ХIузайфат ибн Ямани.

10.  Ирсалъул гIелму бищун лъикI лъалев щив вукIарав?

– Зайд бин Сабит.

11. ХIалал-хIарамалъул суал лъикI лъалев щив вукIарав?

– МугIаз бин Жабал.

12. Гьаб умматалъул насихIатчи щив вукIарав?

– Абу ГIубайд бин ЖаррахI.

13. Щиб заманаялъ чIварав ГIали ибн Абу ТIалиб?

– 17-абилеб рамазаналъ, гьижрияб 40 сон.

14. ГIусман-асхIабасул халиплъи кида байбихьараб?

– 24-абилеб гьижрияб соналъ.

15. Ярмукалъул гъазаваталъул цевехъан щив вукIарав?

– Халид бин Валид.

 

 

Шамил мухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...