Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

1. Имам Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда тIад имам Нававияс щиб тIехь хъвараб?

– «ШархI СахIихIул Муслим». 

2. Рузманкъоялъ щиб цIализе хирияб бугеб?

– Хас гьабун салават цIализе хирияб буго, гьединго «Кагьф» сураги.

3. Имам ШафигI щиб соналъ гьавурав?

– 150-абилеб гьижрияб соналъ.

4. Чан хIадис бицараб ибну МасгIудица?

– 848 хIадис.

5. Къуръан щай дагь-дагьккун рещтIараб?

– Къокъго абуни, гIадамал хисизаризе. Щайин абуни, инсан лахIзаталда жанив хисуларого вукIун.

6. Алжан сундалъун гIатIилъизабулеб?

– Гьенир ругел малаикзабаз кидаго салават бачуна ва Алжанги гIатIилъула.

7. ГIумар-асхIабас чан хIадис бицараб?

– 537 хIадис.

8. Щив аварагасул чIужу Къуръаналда рехсарай?

– Муса аварагасул.

9. ТIоцебе аварагасул цIар лъураб сура щиб кколеб?

– Юнус авараг.

10. Щив аварагас капурзабазул гIидалъул къоялъ хъанчал рекарал?

– Ибрагьим аварагас.

11. Имам Гъазалиясул машгьурал тIахьазул цояб щиб?

– «ИхIя ГIулуму ддин».

12. ТIоцеве исламалда къазилъун (судья) щив вукIарав?

– ГIумар бин ХатIтIаб.

13. Алжаналъул мацI щиб?

– ГIараб мацI.

14. Эбелалъ гьайичIей гIадан щий йикIарай?

– ХIава.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...