Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Щиб сураялъулъ Аллагьас аварагасда АхIмад абун цIар абураб?

– Сура «ас-Сафф», аят 6.

2. Къуръаналъул вахIю хъвалел асхIабзаби щал рукIарал?

– Абубакар, ГIусман, ГIали, Зайд бин ХIарис, ГIабдуллагь бин МасгIуд.

3. Бищун гIемер амраби щиб сураялда ругел?

– Сура «ал-Бакъара».

4. Къуръаналда рехсараб алжаналъул гъветIалда цIар щиб?

– ТIуба.

5. «ФатихIаялдаса» хадуб рещтIараб сура щиб?

– Сура «ал-Масад».

6. Маккаялдаса гьижра гьабун Мадинаялде вачIиндал авараг лъихъ рещтIарав?

– Абу Аюб Ансариясухъ.

7. Имам Бухариясул мугIалимзабазул цояв щив?

– ГIали Мадини.

8. Щив асхIаб вукIарав цIикIкIун аварагасда релълъарав?

– ХIасан бин ГIали.

9. Баянго авараг гьавиялъул лъил рехсараб?

– ГIиса аварагасул.

10. Зинаялъул хIад кьаби щиб сураялда рехсараб?

– Сура «ан-Нуралда».

11. Имам Бухариясул бищун машгьурав цIалдохъан щив?

– Имам Муслим.

12. Аварагзабазул эменилан лъида абулеб?

– Ибрагьим аварагасда.

13. Щив аварагасе Аллагьас гьунар кьун букIараб хIайваназул ва хIанчIазул мацIалъ кIалъазе?

– Сулайман аварагасе.

14. Хвалчадалъун тIоцебе рагъ базе лъица байбихьараб?

– Ибрагьим аварагас.

15. ГIарабазул эменилан лъида абулеб?

– ИсмагIил аварагасда.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...