Аслияб гьумералде

ЯхI-намус бугевлъун вукIана

ЯхI-намус бугевлъун вукIана

МухIаммадов Камилил умумул ккола Казбек районалдаса. Гьев гьавуна 1981 соналъул ноябрь моцIалда, Ростов областалъул Сальский районалъул Новый Егорлык росулъ. ЛъугIизабуна Ставрополь краялъул Мирный росдал школа.

 

Камил вукIана цIакъ яхI бугев, эбел-инсул адаб-хъатирги гьабулев, кьураб рагIи кколев гIолохъанчи. Университеталда таможнияб ишалъеги цIалун, хъулухъ гьабуна армиялда ва контрактниклъун хIалтIизе чIана. Жиндирго хIалтIиги гьесие кутакалда бокьулаан. Чачаналъ, Донецкиялда, Сириялда ккарал рагъаздаги гIахьаллъи гьабуна. Гьениса кIиго медальгун нахъвуссана. Украиналда хасаб рагъулаб операция байбихьидалги тIоцебе гьениб гIахьаллъи гьабуна. Херсон областалда ккарал тунка-гIусиязда Аллагьасул къадар щвана гьесие. Багьадурлъиялъе гIоло орденалъеги мустахIикълъана. Гьев цIалараб школалъул къеда гьесул цIар тIад хъвараб мемориалияб хъарщиги чIвана. Камилица нахъе тана лъабго лъимер ва ункъабилеб лъимаде йигей лъади.

Камилил эбелалъ бицана: «Цадахъ ругезул ургъелида вукIунаан гьев. Гьезул эмен гIадинги вукIунаан. Гьесул бербалагьиялда гьоркь ругезе квенги, ретIине ретIелги чIезабизе хIаракат бахъулаан дир васас. Гьев хведал цадахъ рукIарал битIахъе гIодулел рукIана. Киназего вокьулаан гьев. ГIемерал гьудулзабиги рукIана гьесул. ЦIакъго лъикIав вукIиналъ Аллагьас ﷻ тун ватиларо гьев гьаб ракьалда. Гьесул хвел кутакалда захIмалъана нижее, амма Аллагьасул ﷻ къадаралда разиял руго», - ян.

 

 

 

Камилил эмен ХIажи

 

 

 

Камилида цадахъ армиялда хъулухъ гьабун вукIарав гIурус миллаталъул гьалмагъас, микьабилеб марталда, гьесул эбелалъухъе бачIараб кагъат буго: «ЙорчIами, хIурматияй Эма ХIосенова. Нужехъе кагъат хъвалеб буго дур вас Камилил гьудул Егорица. Баркула нужеда тIаде щола бугеб руччабазул къо. Гьарула нужее рохел, щулияб сахлъи ва гIумрудул гIемерал сонал. Дида мун лъаларо ва йихьичIо, амма дур вас Камилил гIамал-тIабигIат бихьун дида якъинго лъала мунги гIамал берцинай чIужугIадан йикIин. Камил гIадав бахIарчияв вас битIараб тарбия кьун гIезаюрай гIаданги гьесдасаги лъикIаб гIамалалъул йикIинарищха. Ниж киналго сах-саламатго тIадруссина. Баркула цоги нухалъ. Къо-мех лъикI, Эма ХIосенова», - илан.

Камилил эмен ХIажица бицана: «Гьев хведал цадахъ рукIараз бицана бокьарав чиясулгун гьоркьоблъи батулев, жиндирго къартIги цIунарав, чIахIиязул адаб-хIурматги бугев вас вукIанин Камил. Жеги гьез бицана, цониги какги толароанин гьесилан абун. Холев вугони, гIибадат гьабулаго хвезе бокьилин жиндиейилан абулаанин гьес», - илан.

Камилида цадахъ вукIарас бицана: «Чачаналъ рагъ букIараб мехалдасаго нахъе лъалаан дида Камил. Гьев вукIана дие вац гIадав чи. Киназго адабги гьабулаан гьесул. Цадахъ ругезул къваригIелал тIуралаан гьес. Налъуда гIарац гьарун чи аскIове вачIиндал, нахъги чIвалароан. Гьабулеб хIалтIулъги мухIканав вукIана. Как-кIалги толароан. Мажгитал ралелъубги квербакъулаан. Мажгитазул цIех-рехги гьабулаан. Цо къоялъ хасало мажгиталъуб квачан букIанин дица абидал, гIарац рехун бачIана мажгиталъе печь босизе».

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...