Аслияб гьумералде

Агьлу-суннат вал жамагIат...

Агьлу-суннат вал жамагIат...

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Дуца абе, МухIаммад, нуж рохизе ва разилъизе рекъараб жо буго Аллагьасул цIоб-рахIмат, гьелдалъун рохел гьабе нужеца, гьеб нужее лъикIаб буго данде гьабулеб боцIудасаги», - ян. (Сурату «Юнус», аят 58)

 

Имам СуютIияс гьеб аяталъул баян гьабун ибну ГIабасидасан бицана: «Гьеб аяталъулъ кIиго жо рехсана: Аллагьасул ﷻ цIоб ва рахIмат. Ибну ГIабасица абуна Аллагьасул ﷻ цIоб абураб жо гIелму кколин ва рахIматин абураб - МухIаммад авараг ﷺ кколин».

Цогидаб аяталда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «Дица мун витIун гьечIо, МухIаммад ﷺ , кинабго гIаламалъе рахIматлъун гурони» , - ян. (Суратул «Анбияъ», аят 107)

ГIадамазеги жундузеги дунялалдаги ахираталдаги рахIматлъун вуго хирияв МухIаммад ﷺ авараг.

Гьаб буго Авараг ﷺ гьавураб хирияб рабигIул аввал моцI. Гьеб моцI бачIиндал муъминзабазул рекIелъе рохел бачIуна. Амма руго цо-цо чагIи гьеб моцI тIаде щведал бусурбабигун къацандулелги. Гьезул цо-цояз абула Авараг ﷺ кIодо гьавун мавлид гьаби бидгIа бугин, Авараг ﷺ кIодо гьавизе бегьуларин, Аварагас ﷺ живго гьавураб къо кIодо гьабулароанин абун. 

Хирияв Аварагасда ﷺ итни къоялъ кIал щай кколебин гьикъидал, гьес ﷺ абуна: «Гьеб къоялъ дун гьавуна ва гьеб къоялъ Къуръан дихъе рещтIана» , - ян (Муслим, Абу Давуд, ибн Мажагь). Авараг ﷺ гьавураб моцI ва къо кIодо гьабиялъе гьаб цебе рехсараб хIадис гIела иман бугезе. 

Нилъеда лъала хирияв Авараг ﷺ Мадинаялде вачIиндал гьесда гьенир ягьудиял ратана кIалги ккун. Щай кIал ккун бугебин цIехедал, гьез бицана гьеб къоялъ Муса авараг ва гьесда нахърилълъарал фиргIавнидаса хвасарлъанин абун. Цинги Аварагас ﷺ абуна нилъее цIикIкIун рекъараб бугин Муса авараг кIодо гьавизе. КIал кквеян бусурбабазда абуна ва жинцагоги ккуна. Хирияв Аварагас ﷺ Муса авараг гьавураб къо хаслъизабидал, нилъеца щай бегьулареб тIолго анбиязул ханлъун жив вугев МухIаммад авараг ﷺ гьавураб къо кIодо гьабизе?

Рузман къоялъул хиралъабазул рехсолаго Аварагас ﷺ абуна: «Гьеб къоялъ гьавуна аварагзабазул эмен Адам» , - илан. Жакъа нилъеца Авараг ﷺ гьавураб къо ва моцI кIодо гьабулебго гIадин хирияв Аварагасги ﷺ цо-цо аварагзаби гьарурал къоял кIодо гьарулел рукIараблъи нилъее баянлъана.

Лъицаниги абулеб гьечIо Аварагас ﷺ ва гьесул асхIабзабаз жакъа къоялъ гIадин, мавлид абун цIарги лъун данделъуланин абун. Мавлид кин гIуцIун бугебали ралагьизе ккола нилъ. Бугищ гьениб шаригIаталъ гьукъараб жо? Мавлидалда букIуна истигъфарги, зикру бачинги, Аварагасул ﷺ сирруялъул бицинги, садакъа-хайрат гьабиги, диналъул вацал данделъиги. ТIадеги, гьел пишабазде нилъ гьесизарулел аяталгун хIадисал гIемер руго. Мавлид гьабизе бегьиялде тIоритIел гьарулел хIадисал церехун рехсана. Аслу буго гьабизе бегьи ва амма кин гьабулебин абураб суал буго батIияб.

Цебе рехсараб кинабгоги данде гьабун, тIоцебе мавлид гьабурав чи ккола Маликул Музаффар Абу СагIид Кавкабарияв. Гьев вукIана цIакъ сахаватав, тIабигIат берцинав ва гIаданлъи бугев халипа. Ибну Касирица бицана: «Музаффарица рабигIул аввал моцIалъ, хIукуматалъулго даражаялда, Авараг ﷺ гьавиялъул хIурматалда мавлид гьабуна. Гьев вукIана цIакъ бахIарчияв, гIакъилав инсан. Аллагь ﷻ гурхIаги гьесда», - ян.

Ибну ХIажар Гьайтамияс абуна : «ХIасил гьабун абуни, киналниги гIалимзаби тIадрекъана мавлид лъикIаб лъугьа-бахъин букIиналда. РабигIул аввал моцIалъ мавлид гьабун гIадамал данде гьари лъикIаб бидгIа ккола», - ян.

Имам Нававияс абуна: «Нилъер заманалда ургъарал жалазул бищун лъикIаб ккола щибаб санайил Авараг ﷺ кIодо гьавун мавлидал гьари», - ян.

Имам Сахавияс бицана: «Авараг ﷺ накълулъун хадуб тIоцебесеб лъабго гIасруялъ мавлид лъицаниги гьабичIо. Гьеб нилъер заманалда гьабизе байбихьана ва гьелдаса нахъе агьлу-суннат ва жамагIаталъул гIадамаз рахъ-рахъалдаги байбихьана мавлидал гьаризе», - ян.

ХIафиз ГIиракъияс абуна: «РабигIул аввал моцIалъ гIадамал кваназари лъикIаб пиша буго. Гьелдаго цадахъ гьеб иш Авараг ﷺ гьавиялда хурхинаби ва рохел загьир гьаби жеги цIикIкIун кири щолеб жо буго», - ян.

Ибну ХIажар ГIаскъаланияс абуна: «Мавлид гьаби буго Аварагасул ﷺ заманалда букIинчIеб бидгIа. Кинниги мавлид гьабулев чияс Аллагьасе ﷻ гIоло мискин-пакъир, бечедасдаса ватIа гьавичIого данде вакIарулев вугони ва гьениб МухIаммад авараг ﷺ гьавиялъе Аллагьасе ﷻ щукруги гьабулеб бугони, гьеб ккола лъикIаб бидгIа», - ян.

Имам Бухари ясдасан бицараб кьучIаб хIадисалдаги буго Абу Лагьабиецин жужахIалъуб итни къоялъ Аллагьас ﷻ бигьалъи гьабун бугин Авараг гьавунин абураб хабар рагIидал гьев вохиялъ. Гьанже пикру гьабе, Аллагьасда ﷻ иман лъурал, тIадкъарал хIукъукъал тIуралел, Аварагасул ﷺ нух кколел гIадамазе кинаб даража букIинареб Аварагасдехун ﷺ рокьи загьир гьабун мавлидал гьаруни.

 

 

МухIаммадрасул ХIажиев, Рубас росдал имамасул кумекчи

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...