Аслияб гьумералде

Зинаялдасаги квешаб

Зинаялдасаги квешаб

Зинаялдасаги квешаб

Бищун чIахIиял мунагьазул цояб ккола риба. Гьеб хIарамаб букIиналда тIолалго имамзабиги тIадрекъана. Гьеб хIарамаб букIиналда тIасан рачIарал Къуръаналъул аяталги хIадисалги гIемерал руго. Гьел аятал ва хIадисал рукIин лъаялда цадахъ иман цIакъго загIипав чияс гурони рибаги хIалтIизабуларо.

 

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Аллагьас даран хIалал гьабуна ва риба хIарам гьабуна», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 275)

Гьеб аяталдасан нилъее баянлъана Аллагьас даран-базар гьабизе лъикIаб ва беццараб букIин ва амма гьелъулъ риба хIалтIизабизе Аллагьас ﷻ гьукъана. Риба хIалтIизабизе бегьулин абурав чиги купруялде ккола. Риба кьолев ва гьеб босулев чи разилъун гьабулеб мехалъ щай гьеб бегьуларин абулел чагIиги камуларо. Кутакалда нилъ хIинкъизе ккараб, шайтIаналъ гуккулеб бакI гьеб буго. Риба хIалтIизабулел гIадамал ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рагъ лъазабурал чагIи. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нуж гьаб амруялда мутIигIлъичIони ва нужеца риба гьабиги течIони, нужеда лъай, нуж Аллагьасдаги , Гьесул аварагасдаги рагъ лъазабулел гIадамал рукIин», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 279)

 

 

 

 

 

 

«Фатавал ХIадисият» абураб тIехьалда хъван буго: «Аллагьас ﷻ рагъ лъазабурал гIадамал кIиго тайпаялда руго: риба хIалтIизабулел ва вализабазе зарал гьабулел», - абун.

Риба гьабиялдалъун жидее гьаб дунялалъул рокъоб дагьаб хайир бугониги, ахиралда гьелъул баракат гьечIолъи бихьичIого хутIуларо. Гьелде тIаде гIакъубаги букIине буго. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Жидеца риба хIалтIизабулел ва гьелдалъун гIадамазул боцIи кваналел гIадамал къиямасеб къоялъ тIаде рахъунаро жундуца ккурал гIадамазда релълъун гурони. Гьадин инжит гьарун гьел тIаде рахъинариялъе гIилла буго гьез абулеб букIин рибаги цогидаб даранги релълъараб жо бугин абун», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 275)

 

 

 

 

 

 

Хирияв аварагас ﷺ нилъ рикIкIалъиялде ахIарал анкьго мунагьазулъги рехсон буго гьеб риба гьаби. Хирияв аварагас ﷺ бицана: «Дида нолъ макьилъ кIиго чи вихьана дихъе рачIун. Гьез дун цо бацIадаб ракьалде вачана. Цинги ниж бидул гIоралда аскIосан ана. Гьеб бидул гIоралда жанив вукIана цо чи ва цогидавги вукIана цере ганчIалги лъун гьеб гIоралъул рагIалда гIодов чIун. ГIурулъ вугев къватIиве вачIине жувайдал, рагIалда вугес гамачIги речIчIун, вукIаралъув вортизавулев вукIана. Гьедин къватIиве вахъине хIаракат бахъанщинахъе ганчIал речIчIун вортизавулев вукIана гьев. Цинги дица цIехана гьав гIурулъ вугев щивилан абун. «Гьев риба кваналев чи вуго», - ян жаваб гьабуна. (Бухари)

Цогидаб хIадисалда буго: «Лъалебги букIаго рибаялдаса цо диргьам кванаялъул мунагь лъебералда анлъго нухалъ зина гьабиялдаса кутакаб буго», - ян.

Аллагьас ﷻ нилъ киназего тавпикъ кьеги риба гIадал къабихIал пишабаздаса рикIкIалъизе. Амин!

 

МухIаммадсалам Къурбанов,

ЧIалда росдал имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...