Аслияб гьумералде

КIарчанлъизе бегьиларо

КIарчанлъизе бегьиларо

МигIражалъул сордо ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер хирияв авараг ﷺ гьоболлъухъеги ахIун, гьев ﷺкIодо гьавураб сордо. Ахираталъул рокъоб Аллагьасул ﷻ лагъзадерие щвезе бугеб бищун кIудияб даража ккола ТIадегIанав Аллагь ﷻ вихьи. Дунялалдаго гьеб даражаги хирияв аварагасе ﷺ кьуна Аллагьас ﷻ.

 

 

 

 

 

 

Аллагьас ﷻ авараг ﷺ кIодо гьавиялъул бицун хIалго кIоларо. Амма аварагасул ﷺ цIар бахъанщинахъе гьесде ﷺ салават битIула. Салават битIанщинасе щолеб хиралъиги нилъеда лъала. Аллагьасул ﷻ рахъалдасан гьеб нилъее рахIматги ккола. Гьеб рахIму нилъее щвеялъе сабаблъун хирияв аварагги ﷺ ккана.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «ХIакълъунго, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ва Гьесул ﷻ малаикзабаз свалат битIула кинабго халкъалде расуллъун витIарав аварагасде ﷺ. Я, иман лъурал гIадамал! Нужеца свалат битIе хирияв аварагасде ﷺ ва нужеца, гьев кIодо гьавун, гьесие саламги кье», - ян (суратул «АхIзаб», аят 56).

Аллагьас ﷻ свалат битIулин абураб рагIул магIна буго, Аллагь ﷻ Жиндирго расуласда ﷺ гурхIулин, гьесул ﷺ даража-макъамги тIадегIан гьабулин, гьев тушбабазул заралалдасаги цIунулин, гьесие квербакъиги гьабулин абураб. Хириял малаикзабаз аварагасде ﷺ свалат битIулин абураб рагIул магIна буго, гьез аварагасе ﷺ, Аллагь ﷻ гурхIагийин, гьесул ﷺ даража-макъам тIадегIан гьабегийин дугIа гьабулин абураб.

Жакъа нилъеца кинаб мунагь гьабулеб ва гIибадаталда жаниб кинаб жагъаллъи кколеб батаниги гьелъие гIилла цо буго, ай хIакъикъияб куцалда авараг ﷺ лъангутIи.

АсхIабзабазе авараг ﷺ вокьулев вукIараб къагIида нилъее балъгояб жо гуро. Авараг ﷺ ахираталде накълулъанин рагIидал, Зайд ибн ГIабдарабигIин абурав асхIабас абула: «Я, Дир хирияв Аллагь ﷻ, авараг ﷺ чIаго вугебгIан заманалъ гьесда ﷺ берчIвазе дие щолаан. Гьанже аварагги ﷺ накълулъана, дунялалда берчIвазе гьевги гьечIо. Дица Дуда ﷻ гьарула, дир беразул канлъи нахъе босе, цIидасан аварагасда ﷺ берчIвазегIан», - абун.

УхIудалъул гъазаваталда мунапикъзабаз хабар биччала авараг ﷺ чIванин абун. Гьеб хабарги рагIун бусурбабазда дандчIвай гьабизе ячIуна цо чIужугIадан. Гьелда аскIове щведал, пуланав асхIабас абула дур росги, эменги, васги гъазаваталда шагьидлъанин абун. Амма гьелъ гьикъула авараг ﷺ кин вугевилан ва авараг ﷺ чIаго вукIин лъайдал, абула: «Авараг ﷺ чIаго вукIин лъай дие гIола, хутIараб баччизе бигьаяб жо буго», - ян.

Аварагасдаса ﷺ мисал босун, гьесул суннатазул якъинго гьабизе кIвезе рес бугеб жо как гIужда ва жамагIаталда бай буго. Гьаб ракьалда аварагасул ﷺ суннат цIунарав чи ахираталда гьевгун ﷺ дандчIвала, гьесда ﷺ берчIвала, аварагасул ﷺ шапагIатги гьесие щвела. Амма нилъеца кIарчанлъи гьабулеб буго. Масала, жамагIат-какде хьвадичIого. Къалъул, бакъанил, маркIачIул, боголил каказде вачIиналъе гIилла бачине рес буго щивас регIулев гьечIин абун, амма рогьалил какде вачIинчIого чIеялъе щибго гIилла бачине нилъер рес гьечIо. Гьайгьай цогидал каказдеги хьвадизе бажарула гьелъухъ щолеб кириялъул пикру нилъеца гьабуни.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Рогьалил как жамагIаталда барав чи Аллагьасул ﷻ цIуниялда гъоркь вукIуна», - ян абун. Халгьабеха, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндаго тIаде восулев вуго рогьалил какде вахъарав щивав чи. Амма рогьалил какдеги вахъинчIого балагь бачIиндал, нилъедаго бугоха гIайиб.

Цоги, аварагас ﷺ нилъеда малъун буго дунялалдаса ва гьелда тIад бугебщинаб жоялдаса хирияб цо пиша. Гьебги - рогьалил какда цебе балеб кIиго ракагIаталъул ратибат. Амма нилъерго иманалъул загIиплъиялъ, кIарчанлъи гьабулеб буго. Гьедин бегьиларо. Нилъеда бичIчIизе ккола, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее, нилъ гьарилалдего, ризкъи бихьизабун бугеблъи. Нилъеца кIвар кьезе ккараб жо буго ахираталъул гIамал гьаби.

 

Шамил ГIисахIажиев, ЦIияб ЧIикIаб росдал имам

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...