Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ рокьулел чагIи

Аллагьасе ﷻ рокьулел чагIи

Аллагьасе ﷻ рокьулел чагIи

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналдаги хирияв аварагасул ﷺ хIадисаздаги гIемер рехсон руго Аллагьасе ﷻ рокьулел гIадамазул хIакъалъулъ. Аллагьасукьаги ﷻ хIинкъарав, гIибадат гьабиялдаги тIадчIарав, лъикIал гIамалалги гьарулев лагъ ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ вокьула.

 

Аллагьасе рокьула лъикIлъи гьабулел гIадамал. Чияс гIадамаздехун гьабулеб лъикIлъиялъул бищун дагьаб къадарги ккола гьими. Исламалъ нилъ ахIула кIалалъ бугониги, квералъ бугони гIадамазе кумек гьабиялде. Бищун лъикIалги ккола гIадамазе бищун пайдаял.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасе лъикIлъи гьабулел гIадамал рокьула ва гьел Жинде гIагар гьарула, Жинца тIаса рищараздасанги гьарула», - ян. («Ал-Бакъарат», аят 195)

Нилъер гIумрудулъ щибниги жо гьечIо ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жиндилъ лъикIлъи гьабеян абун гурони. Хирияв аварагасги ﷺ абун буго: «Нужеца кинабниги жоялъулъ лъикIлъи хIалтIизабе, хIайван хъолелъулъги гьеб берцинго хъвей», - ян. Гьелдаго цадахъ аварагас ﷺ нилъ гьесизарулел руго лъималазда берцинго дин малъиялде. Аварагас ﷺ абун буго: «Нуж рукIа нужерго лъималазда берцинго малъулеллъун ва нуж рукIунге гьездехун хъачIаллъун», - илан.

Жиндие гьел рокьулин абун Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсарал гIадамазул хадусеб тайпа ккола тавбу гьабулел (магIна): «ХIакълъунго ТIадегIанав Аллагь мунагьаздаса тавбу гьабулел ва чорокаб жоялдаса рикIкIад чIолел муъминзаби рокьулев вуго», - ян. («Ал-Бакъарат», аят 222)

 

 

 

 

Гьединго аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Адамил лъимал хатIаъ кколеллъун руго ва гьезул бищун лъикIалги хатIаъ ккедал тавбу гьабулел руго», - ян.

Лагъас тавбу гьабидал ТIадегIанав Аллагь ﷻ вохулеб куцалъул хIакъалъулъ хирияв аварагас ﷺ хIадисалдаги бицана.

Хадусеб тайпа буго рацIцIадал ва рацIцIалъи жидеца гьабулел. Гьебгиха, къватIисан рацIцIалъи цIунулебго гIадин, рекIелъ ругел хIасад, ракI хъублъи, жахIда, бахиллъи ва гьелда релълъарал квешал тIабигIатаздаса цIуни гьабулел.

Аллагьасе ﷻ рокьула Гьесде ﷻ таваккал тIамулел гIадамал. Щиб къварилъи, балагь тIаде бачIаниги Аллагьасдасан ﷻ гьеб бихьун, Гьесде таваккал гьабун, гьелдаса цIуни гьарулел гIадамал. Къуръаналда буго (магIна): «Аллагь гIей гьабулев вуго Жинде таваккал тIамурав чиясе», - ян. (Сура «Ат-ТIалакъ», аят 3).

Цоги Аллагьасе ﷻ рокьулездасан ккола ритIухъал гIадамал. РитIухълъиялъул бицунаго щивав чиясул пикрабазулъе рачIуна хIакимзаби, тIадегIанаб хъулухъалда ругел гIадамал. Амма щивав чияс тIоцебе хIисаб жиндирго гьабизе ккола. Ругищ нилъ ритIухъаллъун мадугьалзабаздехун, хъизан-агьлуялдехун, эбел-инсудехун, гIага-божараздехун? Имамас насихIат гьабулагоги квешал жалазулъ щивав чиясда живго хутIун хутIарал рачIуна ракIалде. Гьебги буго нилъер иманалъул загIиплъи. Къуръаналда буго (магIна): «ХIакълъунго Аллагьасе ритIухъал, шаргIияб гIадлу цIунулел гIадамал рокьула», - ян. (Суратул «ХIужурат», аят 9)

Хадусеб тайпа ккола Аллагьасукьа хIинкъарал гIадамал. Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи абураб жоялъул магIнаги ккола, кив вугониги Аллагьасда ﷻ вихьулев вугеб хIалалъ вукIа-вахъин гьаби. ЦохIо мажгиталъуб Аллагьасукьа ﷻ хIинкъун тIубаларо. Бусурбанчи кидаго вукIине ккола мисалиявлъун.

 

Шамил МухIаммадов, Нечаевка росдал имам

 

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


«ЦIидасан пикру гьабе…»


БакI теларо

Нилъер гIумруялъулъ рукIуна гIадатияллъун рихьулел, амма Аллагьасда цебе кIудияб кIвар бугел жал. Гьединал, кIочон тарал суннатазул цояб ккола как балеб мехалда мухъал ритIизари. ГIемерисез гьеб кIвар кьечIого тола, гьеб битIахъего нилъер какил даражаялда ва гIадамазда гьоркьоб бугеб цолъиялда...


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...