Аслияб гьумералде

Нухлул къанунал цIуни

Нухлул къанунал цIуни

Кинал ругониги балагьал рачIиндал нилъеца цоцазе кумек гьабула. Гьеб буго тIабигIияб жоги. Амма буго щибаб къойил кколеб балагь, нилъги жинде ругьунлъараб. Гьебги ккола нухазда кколел авариял. 2026 соналъул лъабго моцIида жаниб ккана 357 авария, хвана 61 чи, лъукъана 510-яв, гьезда гьоркьор руго лъималги.

 

Нилъер гIемерисезда, рулалда нахъа гIодор чIедал, хIатIазда гьоркь ракь букIин кIочон толеб буго. Хасго гIолохъанаб гIелалъ нухлул къанунал цIунулелго гьечIо.  Машина ккола, пуланаб алат гуребги, кIудияб жавабчилъи бугеб ишги. Гьеб ккола аманат, гьелъухъ жавабги кьезе буго.

ГIемерисел авариял ккола чияр нухде рачIиналдалъун, ай машина хехго бачиналдалъун, машина бачунаго телефоназде руссиналдалъун. Гьединлъидал, щивав шоферасда лъазе ккола, рулалда нахъа вукIаго гьес жаваб кьезе кколеблъи, жиндирго гуребги, цадахъ рекIаразулги, лъелго хьвадулезулги. Гьеб ккола жамгIияталдаги Аллагьасдаги ﷻ цебе бугеб жавабчилъи.

Масала, нухдасан уней йиго, коляскагун, чIужугIадан. Шоферас машина лъалхъинабуна ва ва гьей йиччала. Гьеб буго лъикIлъи гьаби ва гьесие кириги щвана. Цогидав хехго уна, лъелго хьвадулелги хIинкъизарун. Гьезда гьоркьоб бугеб батIалъи чанго секундалъул гурони букIунаро, амма хIасил батIи-батIияб ккезе рес буго. Иман загьирлъула рагIабаздалъун ва дугIаялдалъун гуребги, хьвада-чIвадиялдалъунги. Аварагас ﷺ абуна: «Зарал ккезабулеб жо нухдаса нахъе босиги иманалъул бутIа буго», - ян (Бухари, Муслим).

Нух буго хIалбихьи. Щибаб светофор, щивав лъелго хьвадулев, щибаб хIукму - гьеб ккола инсанас жинцаго тIаса бищараб нух. Гьеб тIасабищиялъ яги Аллагь разилъиялде гIагар гьарула яги мунагьал гьариялъе сабаблъун лъугьуна.

Руго гIадатиял ва амма кIвар бугел къагIидаби:

- Аллагь ﷻ рехсеялдалъун сапар байбихьи;

- машинаялда цадахъ ругел гIадамал Аллагьас ﷻ дуде божун тараб аманат букIин;

- нухазда хьвадиялъул къагIидаби цIуни;

- гIедегIунгутIи.

Аварагас ﷺ абуна: «Лебалав чи ккола кьалда бергьарав гурев, ццин бахъиндал жиндаго кверщел гьабизе кIварав», - ян (Бухари).

Гьарула ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ нилъги, нилъер хъизамалги, жамгIиятги заралалдаса цIунагиян, гIакълу, сабру, жавабчилъи кьегийилан. Амин.

 

 

Шамил МухIаммадов, муфтияталъул ЦТОялъул вакил

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


«ЦIидасан пикру гьабе…»


Гъоркье валагье

ТӀадегӀанав Аллагьас дунял бижана къануназда ва къагӀидабазда рекъон. Нилъеда сверухъ бугебщинаб жо низамалда букӀуна: заманал хисула, планетаби хьвадула, гьел системабазул цонигиял жидецаго чӀезарурал гӀорхъабаздаса къватIиреги кколаро.   Амма тӀабигӀаталда къанунал рукӀунел гӀадин,...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...


ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас ﷻ халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб...