Аслияб гьумералде

Аллагьас ﷻ инсан вижана хираги гьавун

Аллагьас ﷻ инсан вижана хираги гьавун

Аллагьас ﷻ инсан вижана хираги гьавун

БетIергьанас Жиндирго цIобалдалъун, лагъзадеридехун бугеб гурхIелалъ, гьезие ризкъи кьезе Жинда тIаде босана. ТIадегIанав Аллагьас сурату «ал-Гьудалда» абулеб буго: «Кинабниги рухIчIаголъиялъе ризкъи кьезе Дица тIаде босана», - ян абун.

 

Кинниги лагъзадерие боцIи кьей, гьезие ризкъи гIатIид гьаби БетIергьанас хурхинабуна, гьез сабабал хIалтIизарун магIишат гьабиялда. Аллагьас Къуръаналда абун буго: «Дица лагъзадерие гьезда гIакъубаги бихьичIого ризкъи гIатIид гьабун букIарабани, гьез ракьалда питна гьабилаан», - абун. Гьелдалъун нилъеда бихьулеб буго щибаб жоялъулъ Аллагьасул бугеб хIикмат ва лагъзадеридехун бугеб гурхIел-цIоб.

 

 

 

ГIидалъул къоялъул берцинал гIаламатал, Къарланюрт станция

 

 

 

Сулайман аварагас халкъалъе ризкъи бикьизе тIаде боси

Сулайман аварагас Аллагьасда гьарана, цо лъагIалица кинабниги махлукъалъе ризкъи кьезе жиндие изну кьеян. Дур гьелъие хIалкIоларин Аллагьас вахIю гьабидал, цо анкьалъгIаги изну кьеян гьарана гьес нахъеги. Гьебги духъа бажаруларин Аллагьас абидал, цо къоялъгIаги кьеян гьарулевлъун тIаса инчIо Сулайман. Кинниги гьес гьаридал, Аллагьас гьесие изну кьуна цо къоялъ махлукъаталъе ризкъи кьезе. Цинги Сулайманица женазде ва гIадамазде амруги гьабун, дунялалда бугебщинаб боцIиги бакIарун, чIахIиял хьагалги лъун, гьеб боцIиги хъун белъана. Гьуриялдаги амру гьабуна, гьеб квен-тIех махIцунгутIизе тIасан хьвадеян. Гьеб хIалалда гIуцIараб кванил тIутI лъураб авлахъалъул халалъи ва гIеблъи букIана кIиго моцIрол нух. Цинги Аллагьас гьесда гьикъана: «Ралъдал махлукъатищ цебе ахIилеб гьоболлъухъ, ракъдалищ?» - абун. Цебе ралъдал махлукъат ахIилин гьес абидал, Аллагьас амру гьабуна бахIрул-мухIитIалдаса цо хIутIалде: «Жакъа Сулайманил кванил тIутIалдасан кванай», - абун. Цинги хIутIалъ ахIана Сулайман аварагасде: «Я Сулайман! Дуца гьоболлъи гьабун тIутI гIуцIун бугин рагIана, бугебищ?» - абун. Бугин абун гьес жавабги гьабуна. Гьанже бачIун хIутIалъ цо рагIалдасан байбихьун, цогидаб рагIалде щвезегIан, Сулайман аварагасул тепсиялда мацI бахъана. Гьебги гIечIого, хIутIалъ абуна: «Я Сулайман! Кьеха дие гIорцIизегIан кваназе жо», - абун. Бугебщинаб жоги кванан бахъинабунин дуца, гьанжегийищ гIорцIуларебилан абун, Сулайман аварагас гьелда гIайибчIвана. Цинги хIутIалъ абуна: «Я Сулайман! Гьединаб жавабищ кьолеб кванде ахIарав гьоболасе», - ян. Хадубги гьелъ абуна: «Я Сулайман! Щибаб къоялъе дие къваригIуна гьаб дуца гьабураб лъабгогIан кваназе жо, жакъа дуца дун бакъизе гьабунаха», - ян. Цинги Сулайман аварагас Аллагьасе сужда гьабуна, ва абуна: «Дица вацIцIад гьавиялъ вацIцIад гьавула гьединав Аллагь, жидедаго лъалареб рахъалдасан халкъалъе ризкъи кьезе гъоркь чIарав», - ян.

Сулайман авараг вукIана жиндие ракьалда тIад ханлъи кьун букIиналдаго цадахъ, гIадамазе бищунго лъикIаб тIагIам кьун, жинцаго пурчIинаялъул чед кваналевлъун. Гьесда гьикъидал: «Мун щай вакъун вукIунев, ракьалъул бечелъи духъе кьунги букIаго», - ян абун, гьес жаваб гьабуна: «Дун хIинкъун вуго гIорцIизегIан кванани, дида ракъарал мискинзаби кIоченин абун», - ан.

 

Муса аварагасул ризкъиялда хурхараб къиса

Муса авараг, Мадян абураб бакIалдаса хъизангун цадахъ, Мисриялде тIадвуссун унаго, ТIуба абураб кIкIалахъе щведал, ТIадегIанав Аллагьас гьесде вахIю рещтIана фиргIавн иманалде ахIизе аян. Цинги Муса аварагасда ризкъиялъул ургъел ккана, дир хъизамалъул ургъел лъица гьабилебин, ай гьезул хIакъалъулъ жиндаго бугеб ургъел Аллагьасе загьир гьабуна. Гьеб мехалъ БетIергьанас Муса аварагасде амру гьабуна аскIоб букIараб цо кIудияб ганчIида гIанса кьабеян. Мусаца гьелда гIанса кьабидал, гамачI кIихIи бихъун ана. Гьелда жанибги батана цоги гамачI, гьелдаги кьабуна гIанса Аллагьасул амруялдалъун, гьебги кIибихъун, гьелда жанибги батана цоги гамачI. Гьебги кIихIи бихъидал, жаниб батана цо гьитIинаб хIапара, кIалдиб жиндаго рекъараб ризкъиялъул лукъмагун. Цинги ТIадегIанав Аллагьас Мусал гIундуздаса хIижаб борхана ва Мусада рагIана гьеб гьитIинаб, загIипаб рухIчIаголъиялъ гьабулеб тасбихI. Гьелъ абулеб бугоан: «Дица вацIцIад гьавула БетIергьан Аллагь жиндие рекъечIелщинал сифатаздаса, Жинда дун вихьулев, дир каламги рагIулев, дун бугеб бакIги лъалев, дун ракIалдеги щолев, дун кIоченеги кIочонарев», - ан.

 

 

АхIмад МухIумаев,

Хунзахъ районалъул имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...