Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ ирс

Аварагасул ﷺ ирс

Аварагасул ﷺ ирс

 

Ислам буго Аллагьас нилъее бихьизабураб нух. Гьеб нух ккун хьвадани, талихIаллъун рукIина. ГIелмуги ккола исламалъул рухI. Бищун дагьаб къадаргIаги гIелмуялъул нилъеда жаниб гьечIони, исламги чIунтула. ГIелму рекIелъ гьечIони, Аллагьас нагью гьабурал жалаздаса кин нилъ цIунизе ругел?

 

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ГIелму буго исламалъул рухI ва исламалъул хIуби», - ян. Гьединлъидал бищун кIудиял балагьаздасан ккола гIелму лъазабунгутIи. Жагьлу бецIлъи кколелъулха. Бичун босун щолеб жоги гIелму букIунаро.

Цо къоялъ Абу-Гьурайрат базаралде вачIиндал, гьенир дунявиял ишазде машгъуллъун ругел гIадамал рихьидал, гьезде хитIаб гьабун гьес абула: «Ле, гIадамал! Нужеца гьаниб щиб гьабулеб бугеб, Аварагасул ﷺ ирс бикьулебги букIаго», - ян. Гьеб букIана хирияв Авараг ﷺ ахираталде накълулъараб заман. Цинги гьел гIадамазда ракIалде ккана Аварагас ﷺ гIемераб бечелъи нахъе тун букIун батилин ва гьанже гьеб бикьулеб бугин абун. Гьеб ирс щвезелъун гIадамал рекерун уна мажгиталде. Абу-Гьурайратин абуни, гьел гIадамал мажгиталдаса нахъруссинегIан гьенивго чIун вукIуна. Цо заманалдаса нахъруссун рачIарал гьел Абу-Гьурайратиде тIаделъула дуца гьереси щай бицарабинги абун. Цинги гьес абула нужеда мажгиталда щиб батарабин абун. Гьезги абула цоял Къуръан цIалулел, цогидал гIелму лъазабулел, зикру бачунел, хIалал-хIарамлъиялъул бицунел ругоанилан. Цинги Абу-Гьурайратица абула: «КIудияб балагь буго нужее! ХIакъикъаталда гьебха кколеб хирияв Аварагасул ﷺ ирс», - илан.

Гьединлъидал, жакъа гIелму тIалаб гьабулев чиги ккола дунял-ахираталда талихI батаравлъун. Гьев ккола Аварагасул ﷺ ирс щварав чиги.

 

ГIали Разакъов, Гъуниб районалъул имамзабазул советалъул председатель

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...