Аслияб гьумералде

ШаргIияб борч

ШаргIияб борч

Цогидал гIадамаздаса бусурбанчи ватIа вахъула бихьинчилъиялдалъунги, бахIарчилъиялдалъунги. Бихьинчилъи ккола унго-унгояв бусурбанчиясул хасият камил гьабулеб гIамал. ГIалимзабаз тIахьазда хъваралдаса босун, нилъго цIунизе букIине, рехселин бахIарчилъи тIаса инабизе рес бугел цо-цо гIиллаби.

 

  1. БахIарчилъи тIаса инабула, ретIел чороклъизегIан, рекIее гIолареб махI бачIинегIан гIемераб заманалъ жиндирго ургъел гьабичIого тун ва гьелъул хIасилалда гIадамал гьесдаса рикIкIалъизе лъугьиналъ. Гьелъул хIакъалъулъ имам КъуртIубияс абун буго: «РацIцIалъи гьаби буго инсанасул бахIарчилъи ва шаргIияб борч», - абун.
  2. Шубгьаяб хIалалъ щвараб мал-мулк чияс хIалтIизабиялъ инсанасулъ бихьинчилъи хвезабулин абун буго имам КъуртIубияс.
  3. Щаклъи бугел бакIазда чIун, чияр руччабазулгун хабар бицун ва гьелгун цадахъ жамгIиял бакIазда гIодорчIеялъ бихьинчилъи хвезабула.
  4. Ибн ХIажар ГIаскъаланица хъван буго: «ГIемераб махсара-хочI гьаби, мустахIикъал гурел рагIаби аби, руччабазухъ балагьизелъун базаразда гIодорчIей ккола бихьинчилъиялдаса махIрум гьарулел гIиллабазул цояб», - илан.
  5. Нилъго ругеб бакIалда данде кколареб рекъечIеб ретIел ретIинги бихьинчилъи хвезабулеб гIамал буго.
  6. Имам Нававияс хъван буго: «Кваналелъуб суннатаб буго цебе бугеб кваназе. Щайин абуни, аскIов гIодов чIарас квер бегьулеб бакIалде квер бегьи ккола гьесдехун гьабулеб квешаб бербалагьи ва гьелъ гьев бахIарчилъиялдаса махIрум гьавула».
  7. ХIажалъи гьечIого (масала, дару гьабизе тохтурасда ва гь.ц. хутIун), лъадулгун жинсиял гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ цогидазда бицин. Имам Нававица хъван буго жиндирго лъадулгун гьоркьоблъи халкъалда цебе лъезе гьукъараб бугин абун.
  8. Жинцаго бищун лъикIаб квенги кванан, хутIараб лъадуегун лъималазе кьей ккола бихьинчилъи тIаса инабулел гIамалазул цояб. ГIалимзабаз хъвалеб буго: «Бихьинчилъиялъул камиллъи ккола щибаб нухалъ живго кваналеб мехалъ росас лъадиги кваназайи, цIияб ретIел жиндиего босулаго гьелъиеги боси», - ян.
  9. Ригьалде вахараб мехалда телевизоралда цеве кIусун сагIтал инари, живго херлъун вукIиналъул ва ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ дандчIвазе заман гIагарлъулеб букIиналъул пикруги ургъелги гьабичIого.
  10. ХIажалъи гьечIого гIадамал ругеб бакIалда кьижи. Кьижун вугеб мехалда лъачIого къваригIел гьечIел жал ккезе рес букIунелъул. «Кашф ал-КъанагI» абураб тIехьалда хъван буго: «ГIадамал ругеб бакIалда кьижизе рекъоларо, гьеб бихьинчилъиялъул гIаламат гуро», - ян.
  11. Сапаралда вугеб мехалъ ризкъи гьалмагълъиялдаса бахчи ва кидаго гьезда данде къеркьей. КъуртIубияс, РабигI ибн Абу ГIабдуррахIманица абурабги рехсон, хъван буго: «БахIарчилъи ккола сапаралда рукIаго дурго квен гьалмагъзабазе кьей ва тIасан ккарал махсара-хочIалдаса рикIкIалъи».
  12. КъватIиб яги базаразда кванай. ЦIакъго хIажалъи ккун, вакъун яги къечон вугеб мехалда хутIун.

Бихьулеб буго бихьинчилъи гIицIго чорхол къуват гуребги рухIияб къвакIиги, яхI-намусалъул бацIцIалъиги, къадруги букIин. Гьелда гъорлъе уна жиндирго сипат-сураталъул ургъел гьаби, хьвада-чIвадиялъулъ исламалъул гIурхъаби цIуни, цогидазул адаб гьаби ва такъваялда хьвади. ТIадехун рехсарал мисалаздасан бихьулеб букIахъе, бахIарчилъиялъул хурхен буго ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цебе ракIбацIцIалъиялда, хIеренлъиялда ва жавабчилъиялда.

РачIа нилъеца хIаракат бахъизин Аллагь ﷻ разилъиялъул мурадалда мустахIикъал ва бахIарчиял бусурбабилъун рукIине.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги.

 

 

МухIаммадкамил ХIажиев, АнсалтIа росдал имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...