Аслияб гьумералде

ГIагарлъигун гьоркьоблъи

ГIагарлъигун гьоркьоблъи

МагIишат гьабичIого инсан тIуваларо. Цо-цо мехалъ гьеб захIмалъула ва гьедин букIиналъе сабаблъун нилъгоги рукIуна. ТIаде бачIине букIараб ризкъи, мунагьалги гьарун, нилъерго гIамалаз нахъчIвала. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Дие гIибадат гьабиялдасаги вуссун мунагьазде варасе, захIматаб гIумру кьезе буго Дица », - ян. (Сурату «ТIагьа», аят 124)

 

Ризкъиги нахъчIвалеб, гIумруги къокъ гьабулеб, гIумруялдаса баракатги бахъулеб, чIахIиял мунагьаздаса жибги кколин абун гIалимзаби тIадрекъараб мунагь ккола гIагарлъи бикьизаби. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «Нуж Аллагьасдаса ﷻ хIинкъа, Жиндир цIаралдалъун нужеца цоцаздаса мурад гьарулев. Ва нуж хIинкъа гIагарлъи тIезабиялдаса», - ян. (Сура «ан-Нисаъ», аят 1)

ГIагарлъи тIезабулел гIадамал Аллагьас ﷻ Жиндирго гурхIел-рахIматалдаса рикIкIад гьарула ва ахираталъул рокъоб гьезие жужахI бугин баян гьабуна гIалимзабаз.

Жабиридасан бицараб хIадисалда буго: «Цо къоялъ ниж данделъун рукIаго, Авараг ﷺ вачIана нижехъе ва абуна: «Ле, бусурбабазул агьлу! Нуж Аллагьасукьа хIинкъа, нужеца гIагарлъи данде гьабе ва гьелгун рекъон рукIа. ГIагарлъи хурхинабиялдалъун Аллагьас кьолеб кири цIакъ хехаб буго. Ва нуж цIуне къосиналдаса. Нуж цIуне эбел-инсуе гIакъуба кьеялдаса. Алжаналъул махI чIвала азарго сонил нухалъул манзилалдаса рикIкIад вугев чиясдаги. Аллагьасдалъун гьедулев вуго, гьеб махI чIвазе гьечIо жинца гIагарлъи тIезабулев чиясдаги, эбел-инсуе гIакъуба кьолесдаги, зина гьабулев кIудияв чиясдаги ва чIухIи загьир гьабун тIаждал гIагал халат гьабулесдаги», - ян. (ТIабарани)

ГIагарлъи рекъезаби Аллагьасе бокьулеб гIамалаздасан ккола. Жакъа гIагарлъиялда гьоркьоб кIалъай кколеб буго ирс, ракьал, лъимал, цоцада абураб рагIи сабаблъун. ГIиси-бикъинал жал сабаблъун, цоцаздаса руссун, чанго сонал уна кIалъачIогоцин. Амма нилъеда лъазе ккола гIумру цIакъго къокъаб жо букIин. Гьедин барщун, тохлъукьего хвел тIаде бачIани, хIинкъи буго гьеб мунагь сабаблъун рухI мекъи бахъиялда, Аллагьасул нагIана щвеялда. Гьединлъидал дагьабгIаги цоцазул захIмалъаби раччизе ккола нилъеца Аллагьасе ﷻ гIололъун. Гьаб дунял гуро муъминчияс рахIат босулеб бакI. Дунял буго муъминчиясе туснахъ. Гьедин хъван буго хIадисалдаги.

ТIадегIанав Аллагьас инсанасе гIакълу кьун буго. Гьебги буго хIайваналдаса нилъ ратIа рахъулеб жо. МагIишат гьабизе хIайваналдаги лъала, ай бакъараб мехалъ квенги, квачараб мехалъ хинлъиги, къечараб мехалъ лъимги балагьизе. Нилъ хIайваназдаса ратIа рахъулеб жо ккола нилъер дин. Дин цIунизе ккани хIалтIизабизе ккола гIакълу.

Абу Гьурайратидасан бицана, Аварагас ﷺ гьарурал васиятаздасан бугин: «Мун гIагарлъигун рекъон вукIа, дудехун мугъги кьун гьел аниги», - ян.

 

ХIабиб МухIаммадов, ЦIобокь Миякьоб росдал имам

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Балагьаздалъун хIалбихьи

ХIурматиял бусурбаби, гьаб гIагараб заманалда нилъер Дагъистаналъул бакI-бакIазде бачIана ракIалдаго букIинчIеб къварилъи. Гьелъие сабабалъунги ккана бараб чваххунцIад. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъалаялда, Хасавюрт районалъул росабалъ ва цогидал бакIазда лъим рукъзабахъе...


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...


Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...