Аслияб гьумералде

ШагIбан моцIалъул хиралъи

ШагIбан моцIалъул хиралъи

ШагӀбан ккола бусурбабазул моцӀрол календаралъул микьабилеб моцI. Аллагьасул Расулас жиндир лъикӀлъаби рицунел моцӀазул цояблъунги ккола гьеб. Аварагас лъагӀалил щибаб моцӀалъ кӀал кколаан, амма ШагӀбаналъ, цогидал моцIаздасаги (Рамазан хутIун) гIемер кколаан.

 

ГIаишатидасан бицана: «Дида Аллагьасул Расул ﷺ тӀубараб моцӀалъ тӀубанго кӀал ккун вихьичӀо, Рамазан моцӀалъ гурони. ШагӀбан моцӀалъ гӀадин цогидал моцӀазги гьес кӀал ккун букӀин дида ракӀалда гьечӀо», - ян. (Муслим, Абу Давуд)

Бухариясдасан бачIараб хIадисалъул риваяталда тIубараб ШагIбан моцIалъ кIалал кколаанинги буго.

ГIаишатидасан ва Умму Саламатидасан бицана: «Бичасул Расулас ﷺ ШагIбан моцIалъул дагьал къоял хутIун, хутIарал къояз кIалал кколел рукIана», - ян. (Тирмизи)

ГӀалимзабаз гьеб баян гьабуна, Аварагас ﷺ щибаб моцӀалъ лъабго къоялъ, гьединго, итни ва хамиз къояз кӀалал кколаанин. Цинги кинаб бугониги гӀиллаялдалъун гьел къояз кӀал кквечIого хутIидал, Рамазан тӀаде щвезегӀан ШагӀбан моцӀалъ гьел рецӀулаанин.

ГӀаишатица бицана, ШагIбан моцӀ байбихьарабго Аварагасда ﷺ хадуб жинцаги кӀал кколеб букӀанин, лъагӀалида жаниб кквечIого хутIарал паризаял яги цогидал суннатал кӀалал тӀуразарун.

Киналго руччабазда ракӀалде щвезабизе бокьун буго, кинаб бугониги гIиллаялдалъун тӀуразе кӀвечӀел Рамазан моцӀалъул паризаял кӀалал цIияб Рамазан моцI бачIиналде гьел рецIизе ккей.

Усамат ибн Зайдица бицана, цо нухалъ гьес Аварагасда ﷺ цIеханин: «Я Бичасул Расул ﷺ, цо-цо мехалъ дуца кӀалал, киданиги биччалареб гӀадин, гӀемер ккола, цо-цо мехалъ кӀалал кколаро, анкьида жаниб кӀиго къоялъ гурони, тIокIал къояз кIалалго кколарин ккеледухъ», - ян. Аварагас ﷺ гьикъана: «Гьеб кIиго къо щиб къоял?» - ян. Дица абуна: «Итни ва хамиз», - ян. Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Гьел къояз БетIергьанасухъе гIамалал рорхула. Дие бокьун буго гьел къояз дун кIалал ккун вукIине», - ян.

Дица жеги цIехана: «Дида халлъана ШагIбан моцIалъ дуца кIалал кколел рукIин цогидал моцIаздаса цIикIкIун», - ян. Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Гьаб моцӀ ккола гӀадамал гӀадатияб къагӀидаялъ Ражабалдаги Рамазаналдаги гьоркьоб ракӀ буссун хутӀулеб моцӀ. Гьелда жаниб гьабураб гӀамалги уна гӀаламазул БетӀергьанасухъе. Дие бокьун буго дир гӀамал баккулеб заманалда кӀал ккун вукӀине», - ян (АхӀмад, Насаи).

Абубакар Балхияс абуна: «Ражаб моцӀ ккола бекьулеб моцӀ, ШагӀбан - лъалъалеб моцӀ, Рамазан - бакIарулеб моцӀ. Гьединлъидал Ражаб моцӀалъ щибниги бекьичӀес, ШагӀбаналъ лъалъачIес, Рамазаналъ щибха бакӀарилеб?» - ян.

ГIаишатидасан бицана: «Авараг ﷺ дихъе вачӀана ва дида цадахъ цо пуланай чӀужугӀадан ятана. Гьес дида гьикъана: «Щий гьей?» - илан. Дица жаваб кьуна: «Пуланайилан... (цӀарги абун), гьелъ бицуна жиндирго какил (гӀемераб как балеб букӀиналъул)». Аварагас ﷺ абуна: «Гьедин сваказегIан гьабизе хӀажалъи гьечӀо, нужедаго хIалкIвараб гIибадатги гьабун чIараб лъикIаб буго. Гьедулев вуго, Аллагьас ﷻ нужее кири хъвазе буго, Жиндие ﷻ гӀибадат гьабулаго нуж сваказегӀан. ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бищун бокьула даимго гьабулеб гIибадат», - илан. (Бухари, Муслим)

ТӀадегӀанав Аллагьас кьурал нигӀматазухъ щукру загьир гьабулезда гъорлъ гьареги нилъ.

 

ГIадил Ибрагьимов, МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...