Аслияб гьумералде

Хъизан гьаби - кIвар бугеб суннат

Хъизан гьаби - кIвар бугеб суннат

Хъизан гьаби - кIвар бугеб суннат

Бусурбабазда малъулеб тIоцебесеб дарс бугин абизе бегьула исламалъул рукнабазул. Гьелги щуго руго: шагьадат битIи, как бай, рамазан моцIалъ кIал кквей ва рес рекъарав чи хIежалде ин. Гьел рукнаби тIураялдалъун Аллагьасе ﷻ мутIигIлъи загьир гьабула нилъеца ва ахираталда лъикI рукIинги гьел тIураялда бараб букIуна.

 

Гьелдаго цадахъ лъиениги жиндаса рорчIизе бакI гьечIеб, гьоркьоса чи вахъичIого щивас чIамизе бугеб жо ккола хвел. Гьаб дунялги буго хIалбихьилъун нилъее кьураб, ахираталъе бекьулеб хур. Ругищха нилъ жакъа хIадур гьеб къоялде!? КIвар бугеб суалги буго кинаб мисал хъизан-агьлуялъе, лъималазе тун нилъ гьаб дунялалдаса ахираталде къокъине ругелали.

Нилъеца гIемер бачуна умумузул лъикIаб мисал, амма жакъа нилъецаго щиб гьабулеб бугеб лъикIалдалъун нилъ нахъа ругез рехсезе? Лъазе ккола, инсанасул талихI боцIул рахъалдасан цебетIей гуро бугеб. Унго-унгояб талихI ккола кин нилъеца тIуралел ругел Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъал, кин нилъ рукIунел хъизан-агьлуялдехун, сверухъ ругелгун.

Хъизан гьаби ккола Аварагасул ﷺ цIакъ кIвар бугеб суннат. Рохелгун цадахъ хъизан гьаби ккола бусурбанчияс тIуразе кколел хIукъукъазул бищун кIвар бугездасан. Хъизан-агьлуялъулгун гьоркьоблъиялда бараб букIуна гIумрудул талихI. Хъизамалда жаниб парахалъи гьечIев чи талихIавлъун цIакъ къанагIат гурони вукIунаро. Хъизаналъулгун гьоркьоблъи хун суал кьун рачIараздаги кколеб буго цойидасан гьеб кинабго лъикIлъизабизе рес букIунилан. Гьайгьай, гьоркьоблъи лъикIлъизабиялъул нух ккола жиндие заманги кIварги кьезе кколеб. Халгьабе, жакъа лъималазе тарбия кин нилъеца кьолеб бугеб? Лъимал эбел-инсухъ гIенеккунгутIи ккола рос-лъадул гьоркьоблъи квеш букIиналъул хIасил. Лъималазда щибго гIайиб гьечIо. Гьез кидаго мисалалъе кколел чагIи руго эбел-эмен. Гьел лъикIлъизе ккани цин нилъго лъикIлъизе ккола.

Жакъа нилъеца гIумру гьабулеб бугеб заман буго лъималазе тарбия эбел-инсуца гуреб, интернеталъ кьолеб.

Сахаб къоялъ хIалтIуда ругел эбел-эмен къаси рокъоре руссиндалги телефоназде руссуна ва гьебго заманалда лъимал тIубараб къоялъги ва къаси сардилъги телевизоразда, телефоналгун планшетазда жанир рукIуна. Рихьизе аскIор ругониги, хIакъикъаталда щивав цоцаздаса рикIкIад вукIуна. Щивас кье суал, лъималазулгун берцинаб хабар бицун, гьез къо кин тIобитIараб, школалда ялъуни яслиялда щиб малъараб абун кIалъай ахирисеб нухалда кида гьабун букIараб?

Дун гьитIинаб мехалъ мажлисалде ин дие кIудияб жолъун букIана. Жакъа мажлисазде лъицаха лъимал рачунел? Нилъеца жигар бахъизе ккола лъималазе берцинаб, исламияб тарбия, диналдехун рокьи гьитIинаб къоялдаса нахъе кьезе. Гьеб нух тIаса бищани гурони гьаб умматалъул унго-унгоял бусурбабиги гьезул рахъунаро.

Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абулаан инсанасе гьаб дунялалъул цо гьитIинаб бутIа кьедал гьесие чара гьечIого жеги цIикIкIун бокьизе бугин. Нилъее киназего бокьула дунял гьабизе, амма бачIуна цо къо гьаб дунялги тун Аллагьасда ﷻ цере эхетарал. Гьеб мехалъ боцIуца щибго кумек гьабизе гьечIебха. Кинабго гьаб ракьалдаго хутIула, цого-цо нилъеца гьарурал лъикIал гIамалал хутIун.

Хириял диналъул вацал ва яцал. РачIа нилъеца нилъерго гIумрудул ва хъизамалъулгун гьоркьоблъи лъикI гьабиялда тIад хIалтIизин. РачIа нилъеца дин гьабилин нилъерго рукIа-рахъинлъун. РачIа нилъеца лъималазе тарбия кьелин метер нилъ гьечIеб мехалъ лъикIаб дугIа гьез нилъее гьабиледухъ. Гьелъулъ буго нилъее хвасарлъиги дунял-ахираталъул талихIги.

 

МухIаммадгIариф Сиражудинов, Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...