Аслияб гьумералде

Лъадул хIакъ цIунизе ккола

Лъадул хIакъ цIунизе ккола

Хъизан ккола Аллагьас инсанасе кьурал бищун кIудиял нигIматазул цояб. Исламалъ хасаб кIвар кьола ригьин гьабиялде. Ригьин гьаби рикIкIуна жамгIияб гIадатлъун гуребги, гIибадатлъунги, гьелдалъун цIунула иманги, яхIги, насаб халат бахъинабиги.

 

Хасго ригьин гьабизе лъикIазул цояб ккола шаввал моцI. ГIайшатица абун буго: «Аллагьасул Аварагас ﷺ дун ячана шаввал моцIалъ, нижеда гьоркьоб рос-лъадул гIумруги байбихьана шаввал моцIалъ», - ян. Гьаб хIадис бицана имам Муслимица.

Исламалъ хасаб кIвар кьола йикIинесей лъади тIаса йищиялде. Аллагьасул Аварагас ﷺ абуна: «ЧIужугIадан ячуна ункъо гIиллаялъе гIоло: мал-мулкалъухъ, насабалъухъ, берцинлъиялъухъ ва динияб рахъалъухъ балагьун. ХIакъикъаталдаги динияб рахъ тIасабищани, нуж рохизе руго», - ян.

Материалияб рахъалъулги, насабалъулги, берцинлъиялъулги кIвар буго, амма инсанасул аслияб къадру-къимат - Аллагьасукьа хIинкъи ва лъикIаб гIамал-хасият гьеб киналъго бахчизабизе бегьуларо.

Гьединабго хIал буго вукIинесев рос тIаса вищиялъеги. ГIемерисеб мехалда эбел-эмен балагьула гIолиласул бечелъиялъухъ, хIалтIиялъухъ. Гьеб киналъулгоги кIвар буго, амма гьеб аслияб рахълъун букIине бегьуларо.

Такъва бугев чияс жигар бахъула лъадул хIакъ цIунизе, Аллагьасда цебе сабру, адаб-хIурмат ва жавабчилъи бихьизабизе. Гьелъул гIаксалда, динияб рахъ гьечIолъи гIемерисеб мехалда лъугьуна хъизамалда дагIба-рагIи, ритIухълъи гьечIолъи букIиналъе ва ригьин хвезабиялъе гIиллалъун.

Исламалъ ахIулел руго хъизан гIуцIиялъул нух бигьа гьабиялде. Бигьалъиялъ, цIодорлъиялъ ва ТIадегIанав Аллагь рази гьавизе бугеб ракIбацIцIадаб гъираялъ кидаго кьола цIикIкIун баракат.

Нилъеда лъазе ккола заманалдасан бечелъи тIагIине бегьулеблъи, берцинлъи тIаса унеблъи, жамгIияб даража хисулеблъи. Амма иманги, лъикIаб гIамал-хасиятги, Аллагьасукьа хIинкъиги хутIула щулияб ва талихIаб хъизамалъул аслияб кьучIлъун.

 

Муса МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...