Аслияб гьумералде

Дин суризабулел

Дин суризабулел

Дин суризабулел

Инсанасе бищун къваригIунеб, амма жакъа гIемерисезул гьечIеб жо ккола лъикIаб тIабигIат. Жиб рекIелъги бижулеб, ракI бацIцIад гьабунагIан битIунги кколеб, ракI квешлъиялда тарабгIан квешлъиялдаги букIунеб жо ккола гIамал-хасият. ТIабигIат берцинлъизе ккани, тIоцебе ракIалда тIад гьеб лъикIлъизелъун хIалтIаби гьаризе ккола. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Инсанасда жаниб буго цо кесек, жиб лъикIлъиялдалъун тIубараб черх лъикIлъулеб ва жиб квешлъиялдалъун тIубараб черхго квешлъулеб», - абун. АсхIабзабаз цIехедал гьеб щиб кколебин абун, Аварагас ﷺ жиндирго каранде ишараги гьабун, абуна: «Гьеб кесек ракI буго», - ян.

 

Цо къоялъ Лукъманил ХIакимида ханас абула, хIайванги хъун, гьелъул бищун лъикIаб жо дихъе щвезабеян. Ханас абухъе хIайванги хъун, Лукъманица гьесухъе ракIги мацIги бачIуна. Цинги ханас абула гьанже цоги хIайванги хъун, дуца гьелъул бищун квешаб босун вачIаян. Гьеб мехалъги ракIги мацIги босун вачIуна гьев. ГIажаиблъарав ханас абула: «Гьалъул гIаламатго щиб, лъикIаб-квешаб босун вачIаян абидал, кIиябго нухалъ ракIги мацIги босун мун вачIана», - илан. Жаваб гьабун Лукъманил ХIакимица абула: «РакI буго жиб лъикIлъидал кинабго жо жинца лъикI гьабулеб ва жиб квешлъидал кинабго жинца квешлъизабулеб», - илан. РакI лъикIлъидал мацIалъги лъикIаб бицуна ва ракI квешлъидал мацIалъги къваригIел гьечIебщинаб бицуна. Абиги гьечIищха: «Квералъ ва черхалъ гьабуралдасаги мацIалъ абураб рекIелъ къала», - ян.

 

 

 

 

 

Ибну ГIубайдатидасан бицана, цо къоялъ хирияв Аварагас ﷺ асхIабзабазда гьикъанин: «Дица бицинищ нужеда бусурбанчи щив кколев?» - илан. Бицеян гьез абидал, Аварагас ﷺ абуна: «Бусурбанчи ккола гIадамазе я кIалалъ я квералъ квешлъи гьабуларев. Гьев ккола гIадамаз жидерго магIишатги ракIги (гIумру) жиндихъе аманатлъун кьолев чи», - ян. Балагьеха, диналъул вацал, бусурбанчийин жинда цIарги бугев, Аварагас ﷺ гьедигIан кIодоги гьавурав, гIадамазда гьоркьов жиндихъе тIубараб гIумруялъ гьабураб магIишатги рухIги кьезе рес бугев бусурбанчияс къваригIел гьечIеб гьабизе рекъон букIинищ?

Жигьад щиб кколебилан ибну ГIумарида гьикъидал, гьес абуна: «Мун тIоцебе дурго ракIалде валагье», - ян. Гьелдехун гьабе тIоцебе жигьадилан. Жакъа нилъеда бихьула, бусурбабийин ругел цо-цо къосарал гIадамаз, жигьадиланги абун гIадамал чIвалел. Гьеб мекъаб пишаялдеги гьел цIалеб жо ракI буго. Гьеб квешлъанагIан гьарулел пишабиги квешаздаса квешал рукIуна. Расги къваригIел гьечIого инсан чIваялде гьесизе ккани, кигIанха ракI биццалъунги чороклъунги букIине кколеб? Чи чIвай ккола чIахIиял мунагьазул цояб. Хасго бусурбанчи чIваялъул мунагь тIубараб гIалам чIваялда бащалъизабун буго.

Жумбутин абурав асхIабасдасан бицана, Авараг ﷺ мажгиталда жанив вукIаго, жинда абунин: «Нужедаса цевегIан вукIана цо чи, унти хIехьезе кIвечIого кIиябго квер жиндирго къотIарав. Цинги, гIемераб биги бачIун, гьеб сабаблъиялдалъун живги хварав. Гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Гьав лагъ Дихъе ﷻ гIедегIиялъ гьесие Алжаналъубе нуцIа къана», - ян. Гьединлъидал, кигIан кIудияб къварилъи тIаде бачIаниги, сабруги, Аллагьасе ﷻ рецц гьабиги нахъаса къотIизе бегьуларо. Гьелде тIаде, инсанасул чорхолъ бугеб бищун хирияб жо буго рухI. Гьелъул бетIергьанги инсан гуро, ТIадегIанав Аллагь ﷻ вуго. РухI буго нилъее Аллагьас ﷻ аманатлъун кьураб. Жиндиего зарал гьабизецин гьукъун бугеб мехалъ, цогидазул рухI босизе лъица нилъее ихтияр кьун бугеб? Живго жинцаго чIварав чиясе Аллагьас ﷻ нуцIа къараб мехалъ цогидав чи чIвараб мехалъ щибха букIинеб?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Жинца шаргIияб гIилла гьечIого къисас боси гIадаб, яги имамас хIад кьаби гIадаб, яги гьеб напсалъ ракьалда пасалъи гьабичIого  букIун хадубги гьеб напс чIварав чиясе киналго гIадамал чIварасе гIадаб мунагь буго», - ян. (Суратул «Маидат», аят 32)

Гьаб аяталдасанги бичIчIула напс чIвай кIудияб мунагь букIин. ЦIакъ гучаб хIинкъи кьолеб буго Аллагьас ﷻ щибго шаргIияб гIилла гьечIого напс чIварав чиясе. Аллагьас ﷻ нилъ киналго цIунаги.

 

ХIусен Зиявудинов, ЧIалда росдал имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...