Аслияб гьумералде

Ригьин гьаби захIмалъизабуге

Ригьин гьаби захIмалъизабуге

 

ГIабдуллагь ибну МасгIудидасан бицараб хIадисалда буго, аварагас гIолохъабазда абунин, нужер рес бугес ригьин гьабейин, рес гьечIес кIалал кквейин абун, ай хIарамлъиялдаса цIунизелъун. 

 

Аллагьас бихьинчиги чIужугIаданги рижана  цоцазде цIайи бугеллъун ва гьезда жанибги лъуна шагьват. Гьелъие бихьизабуна ригьин гьабиялъул нухги. Ригьин гьаби гуреб батIияб нух нилъеца шагьваталъе балагьулеб бугони, жамагIат чIунтизе байбихьула, питна цIикIкIуна, халкъалда гьоркьоб батIи-батIиял унтаби раккула. Гьединлъидал эбел-инсуца яхI бахъизе ккела заман щведал васасе чIужу ячинеги яс ригьнаде кьезеги.

Жакъайин абуни ригьин гьабиялда сверухъ руго гIемерал гIадатал, ай гьеб иш жидеца захIмат гьабулел. Гьединал гIадатаздасан ккола баргъич ххейги.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Щив чи вугониги жинца исламалда жаниб цо лъикIаб гIадат билълъанхъизабурав, гьесие буго гьабураб гIамалалда рекъараб ажру ва гьесдаса мисал босун гьеб хIалтIизабуразулги ажру. Гьединго, щив чи вугониги жинца исламалда жаниб цо квешаб гIадат билълъанхъизабурав, гьесие буго гьелъул мунагь ва гьесдаса мисал босун гIамал гьабуразул мунагьги», - ян.

 

 

МухIаммад АхIмадов, ЛъаратIа росдал имам

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....