Аслияб гьумералде

Кинаб кванилъ бугеб баракат?

Кинаб кванилъ бугеб баракат?

ЛъикIаб бензин тIураб мехалъ машинаялъул хIалтIи лъикI букIунебго гIадин, инсанасул черхги буго квен хIадур гьабиялдаса байбихьун, ургьибе щвезегIан кинаб хIалалда бачIарабали халгьабун, рухIияб рахъалъе хIасил кьолеблъун. ГIемер рагIула щайдай къо бахъанагIан гIадамазул гIамал-хасият холеб бугебилан абулеб. Гьелъие бищун аслияб гIиллалъун буго бата-батараб квен кванай.

 

Нилъеда бихьулеб гьечIониги чохьонибе аралъул асар черхалда халлъула. Гьелъ, кванда аскIорги цIунизе ккола шаргIалъул хIукмаби, гьенир рихьизарурал адабал. Гьедин кванараб квенги дарулъун лъугьуна, гьабулеб гIамал бигьалъиялъе сабаблъунги чIола. Аварагас ﷺ абун буго: «ЛъикIаб квен букIуна нужер дугIаялъе жаваб щолеблъун», - абун (ТIабарани).

Кваналеб жоги рекъараб буго хIалакинчIого, нилъеда цебе бугелде квер бегьун, гIодоре риччан кваназе. Кваналелъулги авараг ﷺ цогиялгун данделъун кваналаан. Жабир ибну ГIабдуллагьидасан бицун буго, аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасда ﷻ цебе бищун лъикIаб квен жинде цIикIкIун чагIаз кверал регьараб буго. Нуж цадахъ кванай, рикьизеги рикьуге, данделъиялъулъ буго баракат», - абун. Гьес ﷺ малъулаан берцинаб къагIидаялда кваназе. ГIабасил васгун цадахъ кваналелъул гьес ﷺ абуна: «Я вас, кваналелъул бисмиллагьги бахъе, кваранаб квералъги босе, дудаго цебе бугелде кверги бегье», - ян (Бухари).

ТIарикъаталъул кIудияв устар, МухIаммад Накъшубандияс абун буго лъикIал гIамалал хIасуллъи бараб бугин хIалалаб кванда, хIузуралда гьеб кваналеб бугебгIан заманалда абун. Аллагь ﷻ рекIелъ ккуравлъунги чиясда кидаго вукIине кIоларо, хасго как балелъул, гьеб хIалалаб хIузуралда кванараб квеналъул кумекалдалъун гурониян.

 

 

ТIарикъаталъул кIудияв устар, МухIаммад Накъшубандияс абун буго лъикIал гIамалал хIасуллъи бараб бугин хIалалаб кванда, хIузуралда гьеб кваналеб бугебгIан заманалда абун. Аллагь  рекIелъ ккуравлъунги чиясда кидаго вукIине кIоларо, хасго как балелъул, гьеб хIалалаб хIузуралда кванараб квеналъул кумекалдалъун гурониян.

 

 

Цо нухалъ гьесухъе бачIун буго квен. Багьавудиница гьеб бачIарасда абун буго квен хIадур гьабулев вукIарав, бежа-белъине байбихьаралдаса хIадур гьабун лъугIизегIан, ццим бахъараб хIалалда вукIун вугин, гьединлъидал гьаб кваначIого тараб лъикIаб бугин абун. Ццим бахъараб хIалалда гьабураб щиб батаниги гьелъулъ лъикIлъи ва баракат букIунаро, гьелъул гIаксалда, шайтIаналъ жиндиего нух балагьула.

ЧIахIиял чагIаз абула кIикъого къоялъ какичуриялда гьабураб квен кванани гIамал мекъавги лъикIаб рахъалде сверилин.

Квен хIадур гьабулеб заманалдаго, какичуриялда рукIин гуреб, цIунизе ккола хIузур. Байбихьулаго чиясулъ бугони хехдари, ццин бахъин, цогиязде хьандей гIадал квешал пикраби, рекъараб буго квен гьаби нахъбахъизе ялъуни хIал хисизабизе. ХIал хисизабизе бищун лъикIабги ккола, нужер цонигиясул ццин бахъараб мехалъ какичури цIи гьабеян абун аварагасго ﷺ малъараб гIамал. Щайин абуни, гьеб хIал бахуна кваниде ва гьеб кванарасде, гьесул гIамалги хисула. Амма хIадур гьабурав гIамал ва хIал лъаларев вугони, рес рекъон гьединасул квен кваначIого тела ялъуни кваналеб заманалда Аллагь ﷻ рекIелъ ккун, хIузур цIунила. Кваналеб кванда бараб бугелъул инсанасул гьабулеб гIибадат-гIамалалъ хIасил кьей.

Хасал жалазул цIех-рех гьабулелъул Япониялдаса цо гIалимчиясе баянлъун буго Гитлерил цIар лъеде тIаде цIалидал, гьелъул хIал квешалде хисулеб букIин, гьединго ГIиса аварагасул цIар цIалидал - лъикIалдеги бачIунеб букIин. ГIадада гуро чIахIиял чагIаз квен гьабулелъул Къуръаналдаса хасал сураби, дугIа-алхIам, силсила гIадал жал цIалиялде кантIизарулел. Гьедин хIадур гьабураб кванда нурги букIуна, гьеб эхебе арасе лъикIаб асарги кьола.

Кванан лъугIидал аварагас ﷺ кверазда рекIаралда мацI бахъун гурони, бачIинахъего гьел чурулароан. Абулаан, кинаб тIагIамалда баракат бугебали лъаларин абун.

Аллагьас ﷻ нилъер тIагIам баракатаб, Гьесие ﷻ гьабулеб гIамалалъе кумеклъун гьабеги! Амин!

 

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...