Аслияб гьумералде

Къуръаналда рехсараб

Къуръаналда рехсараб

Нужеда лъалищ варани ракьалда бищунго камилго ургъарал рухIчIаголъабазул цояб букIин. Цогидал хIайванал, къокъабго заманалда жаниб хвезе рес бугеб бакIалда, варани парахатго букIуна.

 

Вараниялъ гIумру гьабула 50 градусалде цIа-кан бахунеб салул авлахъалда, амма гьелдаго цадахъ гьезда кIола лъим гьечIого яги хIухьбахъи гьабичIого анцI-анцI километр нахъе тезе. Аллагьас ﷻ гьезул чорхолъ унго-унголъунги гIажаибал гIаламатал лъун руго.

Авлахъалда гIурччинлъиго гьечIин абизе бегьула - аслияб къагIидаялъ заз-хъарахъ ва бакъвараб хер букIуна. Амма варанидул кIал гьедигIан щулияб букIуна, гьелъ заз-хъарахъ щибго зарал ккеларедухъ кванала.

Гьелъул биццатаб тIомалъ цIунула гьеб бухIулеб багIариялдаса ва цIорорал авлахъазул сардаз хинлъизеги гьабула. Гьелъул гIатIидал ва тамахал щанкIлаз салудасан унаго гъорлъе тIерхьун ине толаро.

Салул гьури бахъунеб мехалъ лъугьуна цоги мугIжизат: тIатIала ругел кIитIелхал гъункун рачIуна ва берал цIунула бецц гьарулеб салудаса.

Вараниялъул цониги къваригIунареб лага гьечIо. Щибаб жо гIумруялъе хIажатаб хIалалда гIуцIун буго. Гьебги Аллагьасул ﷻ хIалкIолъи.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго пикру гьабиялде (магIна): «Гьал Маккаялъул мушрикал кин ралагьуларел варанабазухъ ва пикру щай гьабулареб Аллагьас киндай гьел рижун ругелин абун». (Сура «Ал-Гъашият», аят 17)

 

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...