Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1.        Гьарут ва Марут Къуръаналда чан нухалъ рехсарал?

– Цо нухалъ.

2.        СиратI абураб рагIи чан нухалда рехсон бугеб Къуръаналда?

– 38 нухалда.

3.        «Ихлас» сураялда чан рагIи бугеб?

– 15 рагIи.

4.        Кив гIурав ГIиса авараг?

– Палестинаялда.

5.        Нуралъул бетIерилан абураб тIокIцIар лъие щвараб?

– ТIуфайл бин ГIамр

ад-Давсие.

6.        Имам ШафигI щиб соналъ гьавурав?

– Гьев гьавуна 150 гьижрияб соналъ.

7.        Чан хIадис бицараб ибну МасгIудица?

– 848 хIадис.

8.        ГIумар-асхIабас чан хIадис бицараб?

– 537 хIадис.

9.        Щив аварагасул чIужу Къуръаналда рехсарай?

– Муса аварагасул.

10.      ТIоцебе аварагасул цIар лъураб сура щиб кколеб?

– Юнус авараг.

11.      АлхIамалда «ФатихIа» абун щай абулеб?

– Хирияб тIехь гьелдалъун байбихьулеб букIиналъ. Гьелда жанибги буго тIубараб Къуръаналъул магIна.

12.      Щиб сураялъ ризкъи тIаде цIалеб?

– «ВакъигIат» сураялъ.

13.      Кидал накълулъарав имам Абу ХIанифа?

– Гьижрияб 150-абилеб соналъ.

14.      Исламалда тIоцеесей тохтур щий йикIарай?

– Ансарияй Рафидат.

15.      Аварагас ﷺ ячарай ГIумар-асхIабасул ясалда цIар щиб букIараб?

– ХIафсат.

 

Шамил МухIаммадов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...