Аслияб гьумералде

Иманалъул хIуби, хIажатав инсан

Иманалъул хIуби, хIажатав инсан

Иманалъул хIуби, хIажатав инсан

МугIрул жаниблъиялъул ахада лъугьараб, пихъил ахалги гьарзаяб, гьаваги рекъараб расалъиялда бижараб гьитIинабго бакI буго ЛъаратIа районалъул КIособ росу. Абула сверухъ бугеб тIабигIаталда релълъарал рукIунин гIадамалгиян. Гьелъухъего батила, кIососелги руго ракI гIатIидал, гIамал берцинал чагIи.

Гьеб росулъ гIумру гьабулев вуго шайтIан къезабизе къуватги гIолев, гIадамазеги хIажаталъув ватулев ва рекIелъ иман кквезе кидаго къеркьолев муъминчи ИмамухIамад-хIажи ГIалдамухIамадов. Гьев вуго кидаго гьурмадаса гьимиги кIалдиса махсароги камуларев, Аллагьасе рецц гьабунги свакаларев инсан. Анкьго лъимер гIезаруна ИмамухIамадицаги гьесул хIеренай ва хIалимай лъади Муслиматицаги. Киналго гьелги гIуна гIадлу-низамги бугел, гIадамазе кумекалъеги, хIажалъидал диналъе ва улкаялъе къваригIиндал ратулеллъун. Гьезул кIияйго яс - СалихIат ва Раисат ккола росдал лъималазе тарбия-лъай кьолел мугIалимзаби, кIиго вас - Шарипица ва ГIалдамухIамадица тIаса бищана улкаялъул гIорхъаби цIуниялъул жавабияб иш. ГIемерал соназ ракIбацIадаб хъулухъ гьабуна гьез гIагараб улкаялъе ва гьелъие рухI кьезеги хIадуралги ратана.

Исана июналъул ахиралда Украиналъулгун гьабулеб рагъулаб операциялда гIахьаллъулеб бакIалда накълулъана ГIалдамухIамад. Хун хадуб ГIалдамухIамадие кьуна «Багьадурлъиялъухъ» абураб Орденги ва КIособ росдал кIудияб къватIалда лъуна багьадурасул цIарги. Гьеб бакIаб ками, рекIелъ имангун, къабул гьабуна ИмамухIамадицаги гьесул тIолабго хъизамалъги. Вац ахираталъул рокъове шаргIалъул бацIадаб нухда тIовитIана гьезул, исламияб диналъул лъай босарал ва Россиялъул регионазда мажгитазул имамаллъун ругел вацал - ГIабдурахIман-хIажица ва Ражаб-хIажица. Щуабилев вас ГIарипги вуго исламияб лъайги босун росдал дибирлъиги гьабурав, гьанже къватIиб росулъ яшавалда вугев вацIцIадав захIматчи. Гьединаб, динги ккурал, дунялги гьабизе лъалел ва бокьулел лъимал гIезариялъе гIадлуяв ИмамухIамадие кумекалъе батана кIудияб иманги гIадамал рокьиги. Щиб къварилъи кканиги, кинаб захIмалъи тIаде бачIаниги, Аллагьас бихьизе хъваралдаса рорчIизе бакI гьечIинги абун, къокъ гьабула гьес калам.

Кивго кумекалъе ватулев чи вукIиналъ хIурматги гьабула ИмамухIамадил. Кумекалъе абуни гьев цохIо росу-жамагIаталъе ва гIагарлъиялъе гуревги киназего хIадурав вуго. Бащдаб гIумру юк баччулел машинабазда хIалтIун ана. ХIалтIана «Дагъсоюзалъулазда» РАЙПОялъе къайи баччун, цинги совхозалъулазда ва школалъулазда, гьес гIемерав чиясул къваригIел тIубалаан. Хадув, ригьалде вахиндал, бажари гIурав хIаракатчи вукIиналъ, гьев тана росдал администрациялъул бетIерасул заместительлъун. ГIемерал соназ гьеб ишалда вукIунги тIадабги тIадаб гуребги хъулухъ гIадамазе гьабун гьев свакаларо. Свак лъаларев, кIвахI гьечIев чи вукIиналъ гьесда тIубазе гьарулареб къваригIелги хутIуларо. РикIкIада, Бабаюрталъул ракьалда бугеб, гъутаналда батIи-батIиял шагьаразда ва къватIир росабалъ гIумру гьабулел ракьцояздаса байбихьун, магIарухъ ругезде щвезегIан гьесде кколарел чагIиги рукIунаро. Машинаялда щвезабизе кколеб букIаниги, цебе-нахъе битIулебги, хехго къваригIарабги, гьединго администрациялдаса хIажатал кагътал-документалги, киназего инкар гьечIого щвезабула гьес. Гьединаб гIаданлъиялъухъ гIадамазул баркалаги камуларо.

«Рекъал-беццал загIи-пазде зияратал гIемер гьаре, заманаялъ мугъ рехарал харабазда гурхIел гьабе», - абун хъван буго ЦIадаса ХIамзатил «ГIумруялъул дарсазда». ИмамухIамадица гIумруялъго гьабулеб буго гьеб зиярат къисматалъ данде гьаюрай гIумруялъул гьалмагъ - гIагарай лъадуе. РекIел канлъи камилай, беразулаб мукъсанай лъадудехун бугеб рахIмуяб балагьиялъги бицуна ИмамухIамадил иманалъул.

Гьанже 70 сон барав гьев гIолохъанчи ккола росдал мажгиталъул будунги, администрациялъул бетIерасул замги, бищунго жигарав жамагIатчиги, диналъул ишазе кумекалъе кидаго ватулев муъминчиги. Гьедин, щибаб моцIалъ цо сордо-къо гьес бала МахIачхъалаялда, муфтияталъ ралел ва хIалтIизарулел кIвар бугел бакIал цIунулел гIолохъабазда цадахъги.

ГIумруялъул соназухъ балагьичIого, кибго мисалияб хIаракатчилъи бихьизабулев ИмамухIамад-хIажиясе нусго сон базегIан гIураб жанги, щулияб сахлъиги, хадурккун камиял лъачIого цIуниги гьаризе бокьун буго диеги. Амин!

ГIали МухIамадов, МахIачхъала

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...