Аслияб гьумералде

ЧIухIиялъул 40 гIаламат

ЧIухIиялъул 40 гIаламат

Дида ккола чIухIи бугин иман загIипав, жагьлу цIикIкIарав чиясул гIамалин. Аллагьас ﷻ нилъ рижун руго Гьесие ﷻ гIибадат гьабизелъун. Руссинеги руго киналго цо къагIидаялъ ракьулъе. Нилъер къаркъалабиги туризе руго. Гьединав чи щайха чIухIулев?

 

  1. Кидаго битIарав вугин чIей.
  2. Цогидаздаса живго тIадегIан вихьи.
  3. Жив хIажатав чийин ккей.
  4. Цогидал гIодорегIан гьари.
  5. Цогидаздаса живго лъикIавлъун вихьи.
  6. Дандияв санагIат гьечIеб хIалалде ккезави.
  7. Лъугьа-бахъунелда хадуб балагьи, амма жиндего тIад щибго босизе бокьунгутIи.
  8. ГIадмазда бихьизелъун буголъи, ретIел ва цогидаб бихьизаби.
  9. Цогидазда дуего кумек гьабизе ва цогидалгун гьел хIалтIизе тунгутIи.
  10. ХъитIи, гIемер матIуялъуве валагьи, ай жиндихъго балагьизе бокьи.
  11. Гьабизе кIолареб хIалтIи тIаде боси.
  12. ГIорхъолъа ун хIалтIи.
  13. Жиндехунго кIвар буссинаби.
  14. РакIхвей (ракIхвеялъул сабабги ккола цогидазухъ халгьабизе бокьи).
  15. ГIемер гаргади ялъуни жиндирго къварилъабазул бицун гIемер гаргади.
  16. Щиб бугониги жо квеш букIин ялъуни ургъел гьечIолъи.
  17. Кидаго живго жиндиего гIун вукIин.
  18. Цогидазда ракIалде щиб ккелебин ялъуни щиб гьез абилебин абун ургъел гьаби.
  19. КIалъаялъулъ гIенеккараздаги дудагоги магIна лъаларел рагIаби хIалтIизари.
  20. Живго сан гьавунгутIи.
  21. Цогидаздаса тIаса лъугьунгутIи.
  22. Щив вугониги чи берцин вихьи яги живго жиндаго берцин вихьи.
  23. Нилъ кIалъалев чи халгьабун гIамал хиси.
  24. Баркала гьечIолъи.
  25. ЗагIипал чагIи сан гьарунгутIи.
  26. ХIурмат гьечIолъи.
  27. Ццидалаб гьаракь гьабун кIалъай.
  28. Ццин бахъиндал гьаракь борхун кIалъай.
  29. Аллагьасул ﷻ хIукмуялъе мутIигIлъунгутIи.
  30. ГIемерал мунагьал гьари, хIайваназда релълъун вукIин.
  31. АхIмакълъи ва гIадаллъи (ургъичIого щиб бугониги жо гьаби).
  32. Цогидаздехун ритIухълъи гьечIолъи.
  33. Ракълиде вачIунгутIи.
  34. Ахирисеб рагIи кидаго жиндихъ тезе бокьи.
  35. Жиндихъго бугеб лъай бикьизе бокьунгутIи.
  36. Жиндирго черх бичча-бихъан тей ялъуни гIорхъолъа ун гьелда хадуб халгьаби.
  37. Дуда гьаричIониги цогидазул къваригIел тIубан гIакълу кьезе лъугьин.
  38. Загьираб сипат-сурат халгьабун гIадамазе къимат кьей.
  39. ГIорхъолъа ун живго жиндаго кIодого вихьи.
  40. ТIад релъун, хIунсулеб рагIи абун, махсаро гьаби.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...