Аслияб гьумералде

Баркат гьарзаяб хазина

Баркат гьарзаяб хазина

Баркат гьарзаяб хазина

Гьал къоязда къватIибе бачIана кIудияв гIалим, гIакъил, тIарикъаталъул муршид, халкъияв тохтур, таржамачи Сайфуллагь-къадияс (къ.с.) хъвараб «Мавакъифу ссадат» абураб тIехь. Мубаракас тIехь хъвараб заман кколеб буго гIумруялъул ахирисел лахIзатал.

Гьелда цебе хъван буго «Канзул магIариф» абураб, гIараб мацIалда, 900-ялдаса цIикIкIун гьумер бугеб тIехь. Цин хъвараб гьеб къватIибе бахъизе заман хутIиларин хIинкъун, гьелда хадубго магIарул мацIалда хъван буго «Мавакъифу ссадат» тIехьги. ХIакъикъаталдаги гьеб кколеб буго гIарабалъ хъвараб доб тIехьалъул къокъаб хIасил данде гьабурабгIадаб гIелмияб хIалтIи.

Гьеб тIехьалда Сайфуллагь-къадияс (къ.с.) баян гьабулеб буго тIарикъаталда жанир ругел чара гьечIел рахъал. Хасго баян гьабулеб буго муридасул кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали. ТIарикъаталдаса бугеб дунял-ахираталъе пайда, гьелъул адабалгун гьаризе рекъарал тIадкъаязе кьолеб буго баян. Гьеб тIоцебесеб нухалда басмаялда бахъана, ЧIикIаса СагIид-афандиясул амруялда рекъон, «Нурул-иршад» басмаханаялъ. Гьаб кIиабилеб дагьабги гIатIид гьабун, жеги цIикIкIараб хIалтIи тIад гьабун бахъана ГIабдулжалил-афандиясул ишараялдалъун, АхIмад-афандиясул гIахьаллъиялдалъун.

Сайфуллагь-къадияс бергьун кIудияб хIалтIи гьабун буго Дагъистаналда накъшубандиябгун шазалияб тIарикъатал тIиритIизариялъе гIоло. Чорхол сахлъи гьечIолъиялъухъ балагьичIого, жиндирго гIумруялъул ахирисел къоялги гьес тIехь нилъехъе щвезабиялда инабун буго. Гьеб хъваралдаса нусгоялдаса цIикIкIун сон аниги, гьабсагIатги муридзабазе кутакалда хIажатаб тIехь буго гьеб.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...