Аслияб гьумералде

ЦIияб басма

ЦIияб басма

Гьал къоязда къватIибе бачIана Сайфуллагь-къадиясул (къ.с.) «Канзул магIариф» абураб гIараб мацIалда хъвараб тIехьалъул лъабабилеб басма.

 

Гьаб нухалда къватIибе бачIаралда данде гьарун руго мутагIилзабазе ва гIалимзабигун муридзабазе тIарикъаталда жанир чара гьечIел баянал. Гьеб тIехьалда тIад гIалимзабазул къокъагун цадахъ хIалтIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиги.

Сайфуллагь-къадиясе живго чIаго вукIаго рес ккечIо гьаб тIехь басмаялда бахъизе. Гьеб хутIана тIоцебе данде гьабураб куцалда. Дунял тун накълулъилалде цебе гьеб бухIеян васият гьабуна ХIасан-афандиясде. Гьел рагIабазул магIна босана ХIасан-афандияс тIехь къачIаян абураб бугин. Гьев мубаракасулги рес ккечIо гьелда тIад хIалтIизе. МухIаммад-гIариф афандиясул гьариялда рекъон, гьелда тIад хIалтIана КъахIиса Шамсудин-дибир абурав гIалим.

Живго Сайфуллагь-къадиясул нусхаги щун, цогидазде дандеги ккун, чанго соналъ цебе кIиго томгун бахъун букIана гьеб тIехь басмаялда. Гьаб нухалда гьеб кIиябго томалда ругел чара гьечIел бабалги данде гьарун биччана тIехь. Гьеб буго мадрасабазда мутагIилзабазе, имамзабазе цIализе лъикIаблъун бихьизабун.

Аллагьас ﷻ кьеги нилъее тIарикъаталъул унго-унгояб бичIчIи. Амин!

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...