Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Цересел номеразда нилъеца байбихьи гьабун букIана Аллагьасул ﷻ берцинал цIарал рехсезе. Гьениб баян гьабун букIана ункъоялда микьго цIаралъул.

89. Аль-Мугъни - лагъзадерие бечелъи кьолев, бокьарав чи бечед гьавулев, бокьарав лагъасе жинца гIей гьабулев.

90. Аль-МугIтIи - бокьарасе бокьараб жо кьолев, дунявиялги, ухравиялги, магIнавиялги, хIиссиялги ризкъаби кьолев.

91. Аль-МанигIу - бокьарасе кьечIого толев, гьесул хIалбихьизе яги гьев цIунизе.

92. Аз-Зарру - хIикматалда рекъон жинца бокьарав чиясе зарал гьабулев, жиндир ихтияр гьечIого лъицаго зарал гьабизе кIоларев.

93. Ан-НафигIу - хIикматалда рекъон бокьарасе мунпагIат-хайир гьабулев, жиндир амру гьечIого лъицаго мунпагIат гьабизе кIоларев.

94. Ан-Нуру - зоб-ракь гвангъизабурав, халкъ хIакъаб нухда тIобитIулев, хIакъаб нухалъул нур бихьизабулев, жив вукIин загьираб, цогидаб жо жиндалъун загьирлъарав.

95. Аль-Гьади - хIакъаб каламалдалъун халкъ тIобитIулев, халкъалъе хIакъаб нух баян гьабулев, жив лъаялде ракIал тIоритIулев, жиндир тIагIаталде чурхдул тIоритIулев.

96. Аль-БадигIу - жиндир заталъулъги, сифатазулъги, амрабазулъги, ахIкамазулъги жинда бащадаб, жинда релълъараб щибго гьечIев, кинабго жо мисал-суратго гьечIого гьечIелъуса бижулев.

97. Аль-Бакъи - хIакъикъияб, нахъе хутIи жиндие гурони гьечIев, вати даимав, абадияв, нахъе хутIиялдалъун сифат гьабурав, кинго паналъизе рес гьечIев, лъугIелго гьечIого нахъе хутIулев.

98. Аль-Варису - нахъе хутIулев, кинабго халкъалъул ирс жинде буссунев, халкъ паналъун хадуб киназулго кверщел жиндихъе кколев, ракьалъулги тIад бугебщиналъулги ирс жиндихъе кколев.

99. Ар-Рашиду - бокьарав чиясе хIакъаб нухалдаги тIовитIун талихI кьолев, бокьарав чи жиндир гIадлуялдалъун рикIкIад гьавулев, хIикмат кIудияв.

100. Ас-Сабуру - хIилму, сабру кIудияв, гIассиял гIадамаздаса рецIел босизе хехлъуларев, тIаса лъугьун толев, гIазаб кьей нахъбахъулев, заман щвелалдего щибго жо гьабуларев, щибаб жо жиндир заманалда гьабулев.

99 цIаралде тIаде Аллагь абураб цIарги жубараб мехалъ нусго гIола. Гьал киналго цIаразул хIарпал ритIун цIализе ккола, цIазе кколел цIан, къазе кколел къан.

Аллагьасул жеги цIарал руго, гьезул хIакъикъатги къадарги живго Аллагьасда лъала.

ГIали МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...