Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Цересел номеразда нилъеца байбихьи гьабун букIана Аллагьасул ﷻ берцинал цIарал рехсезе. Гьениб баян гьабун букIана тIоцебесеб кIикъоялда анцIила анкьго цIаралъул.

58. Аль-МухIси - жиндир гIелмуялдалъун кинабго жоялъе гIурхъи чIвалев, рикIкIунев, жиндаса кигIан гьитIинабниги жо борчIуларев.

59. Аль-Мубдиу - байбихьудасаго, мисал-сурат гьечIого тIолго жо бижарав.

60. Аль-МугIиду - дунялалда чIаголъиялдаса хвалде халкъ буссинабулев, хун хадуб ахираталдаги цIидасан чIаголъиялдеги буссинабулев.

61. Аль-МухIйи - чIаголъи бижулев, бокьараб жоялъе чIаголъи кьолев, гьечIелъуса халкъ чIаго гьабулев, хун хадубги халкъ чIаго гьабулев.

62. Аль-Мумиту - хвезабулебщинаб жоялъе хвел-къадар гьабурав, жив гурони хвезабулев щивго гьечIев, кида бокьаниги, кин бокьаниги хвелалдалъун лагъзал квегъулев.

63. Аль-ХIаййу - абадияб чIаголъиялдалъун жиндие сифат гьабурав, жиндир чIаголъиялъе авал-ахир гьечIев, азалалдаги авалдаги чIаго хутIулев, чIагояв, холарев.

64. Аль-Къаййуму - жив жиндаго чIарав, сундего хIажалъуларев, тIолго халкъалъул тадбир гьабулаго вахъун чIарав, тIолго гIалам жиндалъун бахъун чIарав, халкъ бижун гьеб хьихьун чIарав, щибаб жоялъул гIелмуялдалъун вахъун чIарав.

65. Аль-Важиду - кинабго жиндихъ бугев, жиндие камураб жо гьечIев, тIолго гьабурабщинаб жо жинда батулев, бокьарабщиналда нахъ гIунтIулев.

66. Аль-Мажиду - ракьа-рагIанде щвараб камиллъиги бугев, гьайбатаб тIадегIанлъиги бугев, сифаталги ишалги тIадегIанав, лагъзадеридехун сахаватлъиги рахIматги хIалтIизабулев.

67. Аль-ВахIиду - жиндир заталъулъги, сифатазулъги, афгIалазулъги цогояв, ханлъиялъулъги цогояв, живгун къацандулев хан гьечIев, жиндие гIахьалав чи гьечIев.

ГIали МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...