Аллагьас ﷻ цIунула
Аллагьас ﷻ цIунула
Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола. ТIубараб божилъиги гьабула жал Рижарав ва гьел къварилъаби ритIарав Халикъасде ﷻ. Жал дугIаялдалъун Аллагьасде ﷻ руссуна Гьес ﷻ жавабги гьабула, цIунула ва тIаде ккарал балагьаздаса бергьине кумек гьабула.
Балагьал нахъчIваялъе ва хIажатал тIураялъе дугIаялъул букІуна кІудияб пайда. ТIадегІанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Дида гьаре, дугIа гьабе», - ян. ДугIаялдалъун гьариялдалъун рачIарал руго Аварагасул ﷺ хIадисалги ва гьединго гIалимзабаздасан рачІарал баяналги.
Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Дир хIакъалъулъ лагъзадерица гьикъидал, Дуца абе, ТIадегІанав Аллагь ﷻ гIагарда вугин; щивав чи вихьулев, гьесул гьаракь рагIулев, гьесул ракIалда бахчараб хивал-пикру лъалев. Дида гьарун дугIа гьабулев чиясул дугIаялъе жавабги кьола. Дица дугIаялъе жаваб гьабизе бокьарал гIадамаз Дир ахIиялъе жаваб гьабун, Дида иман лъейин абе ва Дие гIибадатги гьабе. Гьедин гьабулел гIадамал битIараб нухда рукІуна», - ян (суратул «Бакъарат», 186 аят).
Аллагь жинда разилъаяв ибну ГIабасица бицун буго Мадинаялъул ягьудияз абунин Аварагасда ﷺ: «Дуца абулеб буго нилъедаги зобалдаги гьоркьоб щунусго соналъул манзил бугин ва щибаб зобалда гьоркьобги гьедигІанго бугин. Гьединги букIаго нилъер дугIа БетIергьанасда ﷻ кин рагIулеб?» - абун. Цинги жаваблъун рещтIараб букIана рехсараб аят.
Аллагьасул ﷻ гьаб каламалдасан бихьулеб буго дугIаялъе жаваб гьабизе ккани гьелъие шартIлъун букIин Аллагьасда ﷻ иман лъей, Гьев разилъулеб гIамал гьаби. Бусурбанчияс БетIергьанасда ﷻ гьарулелъул, гьелда жаниб мунагь бугеб жо гьечІони, Аллагьас ﷻ гьесие жаваб гьабичIого яги ахираталда гьелъухъ лъикIлъилъун хазина, нигIматал кьечIого яги гьесдаса кинаб бугони квешлъи, къварилъи нахъчIвачIого толаро.
ТIадегІанав Аллагьас ﷻ шаригIатги гьелъул рукнабиги умматалда тIад парзлъун гьарулел рукIана дагь-дагьккун, гьебги исламалде рачIунел чагIазе бачIинахъего захІмалъи гьабичІого букІинелъун. Гуребани, цо къоялъ киналго иман-исламалъул рукнабиги тIадкъан, шаргI рещтIун букІарабани, хъанчазе лагълъи гьабулел рукIарал халкъазе исламалде рачIине бигьаго букІинароан. Гьелъ, ТIадегІанав Аллагьас ﷻ Аварагасде ﷺ хирияб Къуръан рещтІана дагь-дагьккун, заман, бакI, хIажалъи бихьун. Къуръаналъул аяталги рещтIине байбихьана Аварагасе ﷺ ягьудияз бугониги, насранияз батаниги кьолел суалазе жаваб гьабун. Гьединго, мушрикиназ ва цогидал куфараз Аварагасе ﷺ ва асхIабзабазе гьабулеб букIараб хиянат, гьезул макру-хIилла, гьереси къватIиб чІвазабун. ХIалал-хІарам баян гьабун, лъикІаб-квешаб малъун. Гьединго, жидеда Аллагь ﷻ разилъаял асхIабзабазул, Аллагь ﷻ гІагардайищ яги рикIкIадайищ вугев абурал гIадал суалал раккани, гьезие жаваблъун лъугьана рехсараб аят. Аяталъе баян кьуна гIалимзабаз: «Дуда Дир ﷻ рахъалдасан лагъзадерица гьикъидал, дуца гьезде абе, МухIаммад ﷺ, Дун гIелму-къудраталъул рахъалъ нужеда гIагарда вугин, Дидаги нужер дугIаялдаги гьоркьоб пардав гьечІин, Диде ахІарав чиясе Дица жаваб гьабулин», - абун.
Балагь яги зарал, захIмалъи тIаса босейилан дугIа гьабунгутІиги какараб буго. Гьес ﷻ нилъ цIунула балагьаздаса, талихIкъосиназдаса, унтабаздаса, нилъер рекIелъе рехулел квешал пикрабаздаса, гьебги ккола кIудияб илагьияб рахIму-цIоб бусурбабазе бугеб.
ТIаде рачIунел балагь-къварилъаби нахъчIваялъул мурадалда рачIарал гIемерал дугIабигун тасбихIалги руго. Гьединаздасан ккола тохлъукьего бачIунелда цебечIолебин абун Аварагас ﷺ рехсараб дугIа. «Бисмиллагьи ллази ла язурру магIа исмигьи шайъун фил арзи ва ла фи ссамаи, ва гьува ас-самигIул гIалим», - абураб. МагIна: «Жиндир цIаралдалъун байбихьиялдалъун ракьалдаги зобалаздаги щибго жоялъ зарал гьабизе кIоларев Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун байбихьула, Гьев вуго кинабго рагIулев, кинабго Жинда лъалев». Гьаб дугIаги Аварагас ﷺ лъикIаблъун бихьизабуна радалги къасиги лъаб-лъаб нухалъ цIализе.
Жинда Аллагь разилъаяв ГIусман ибн ГIафанидасан бицараб хIадисалда буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Радал ва къаси (рехсараб дугIа) лъабго нухалъ цIаларав щив чи вугониги, гьесие сунцаго зарал гьабизе гьечIо», - абун (Тирмизи). Цогидаб риваяталда буго: «Къаси заманалда гьаб дугIа (лъабго нухалъ) цIаларав щив чи вугониги, рогьинегIан гьесде тохлъукьего щибго балагь-къварилъи бачIинаро, радал гьеб цIаларасде къасимех щвезегIан щибго гьединаб балагь бачIинаро», - ян (Абу Давуд).
Аллагьас ﷻ цIунаги тохлъукьего рачIунел балагь-къварилъабаздаса! Амин!