Аслияб гьумералде

Витаминаздалъун бечедаб нигIмат

Витаминаздалъун бечедаб нигIмат

Витаминаздалъун бечедаб нигIмат

ЦIулакьо ккола беэнлъабаздалъун, белкабаздалъун, углеродаздалъун ва гIемерал витаминаздалъун бечедаб нигIмат. Гьелда гъорлъ бугеб цинкалъ кумек гьабула анемиялде ва би дагьлъиялде данде къеркьезе.

Гьединго гьелъулъ буго тIомое, расуе, малъазе ва шекъер-мукъулукъалъе хIажатаб йодги. Гьелъул нах хIалтIизабизе бегьула псориаз, фурункулез, экзема гIадал тIомол унтабазде дандеги.

ЦIулакьоялъулъ ругел С ва Е витаминаз хIинцлъизабула херлъи ва гьеб кваназе бегьула чакрил диабет бугезги.

ЦIулакьо бекидал ва гьеб кIийиде бикьидал, гьелда гьоркьоб букIунеб хъалалъулъ буго гIемераб йод. Гьебги гьализабун лъугьараб тIокIкIел гьекъезе лъикIаб буго щекъер унтаразе, воспаления бугезе.

ЦIулакьодулъ ругел В тайпаялъул витаминаз сахлъи цIунула, къаркъала рукIалиде бачIинабула. Омега-3 гьелъулъ бищун цIикIкIараб къадаралда буго. Гьелъги лъикIлъизабула гIадалнах, ракIалда жо чIей. Фолиевая кислота букIиналъ, гьелъ кумек гьабула нерваби гIодоре риччазаризе, макьил иш рукIалиде бачIинабизе. ЛъикIаб асар гьабула рекIелгун бидурихьазул гIуцIиялъе. Калиялдалъун ва магниялдалъун бечедаб букIиналъ, цIулакьоялъ щула гьарула бидурихьал, бидул тIадецуй ккезабула рукIалиде, инсультгун инфаркт ккеялъул хIинкъиги дагьлъизабула.

ЦIулакьодул гъотIол тIанхазулъ буго цинк, фосфор, магний, калий, марганец, йод гIадал минералал ва С, В1, В8, Р, А, Е витаминал. Гьезул гьабураб тIокIкIелалъ сах гьарула бидурихьал, бачIинабула канлъи, лъикIлъизабула ургьисалабазалгун тIулал хIалтIи.

Бихьиназе пайда

ЦIулакьо лъикIаб буго бихьиназеги. Хасго 50 сонил ригьалдаса аразе кваназе беццула. Низамалда цIулакьо кванаялъ кумек гьабула черх рукIалида чIезабиялъе, кIващ бачIинабиялъе, жинсиял гьоркьорлъаби гьариялъе кьола къуват.

Кваназе лъикIаб буго гIатIго, ххенон яги ракъвазарурал пихъалгун жубазабун.

Руччабазе пайда

Руччабазул гормоналияб фон лъикIлъизабула. ЦIулакьо кваназе лъикIаб буго операция гьабуразе, лъимер гьабун хадуб заманалда (лъимадул аллергия бугищалиги лъазабун). Гьединго беццула халат рахъун хIайизалъул къоял рукIаразе ва гьелъул низам биххаразе, мех-мехалда унтаби рукIунезе.

Лъимаде ругеб заманалда руччабазулъ железо дагьлъула, гьеб цIикIкIиналъеги лъикIаб буго цIулакьо кваназе. Гемоглобин рукIалида чIезабиялъеги, гьан ялъуни ханалгун цадахъ кваназе бегьула. ЦIулакьодулъ бугеб кальций ва фосфор хIалае чIола эбелалъул ургьиб лъимадул ракьа лъугьиналъе. Магниялъин абуни кумек гьабула лъимер гьабизе гIагарлъараб заманалда, къаркъала гьоронгутIизе.

Пайдаялдаго цадахъ заралги букIунелъул, аллергия бугез, кванирукъгун бакьал унтараз цIодорлъи гьабизе ккола.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...