Аслияб гьумералде

Хириясул ﷺ сипатал рахчаразде

Хириясул ﷺ сипатал рахчаразде

«Алу ГIимран» сураялда жаниб Аварагасул ﷺ сипатал рахчарал гIадамазде рещтIарал аятал руго.

МагIна: «Дуца абе, МухIаммад, ва дур умматалъул муъминзабазги абе: «Нижеца Аллагьасда иман лъуна ва нижеда рещтIинабураб Къуръаналдаги иман лъуна ва ниж мутIигIлъун нахъги рилълъана. Гьединго нижеца иман лъуна Ибрагьим аварагасда рещтIинабураб, ИсмагIилида, ИсхIакъида ва ЯгIкъубида рещтIинабураб жоялдаги.

Бану Исраилазул ЯгIкъуб аварагасдаса тIибитIараб кьибилалъул аварагзабазда рещтIинабураб жоялдаги иман лъуна нижеца, Муса аварагасухъе кьураб Тавраталда ва ГIиса аварагасухъе кьураб Инжилалдаги иман лъуна. Ва цогидал киналго аварагзабаздаги гьезухъе Аллагьас кьураб жоялдаги иман лъуна. Гьал аварагзабазда гьоркьоб нижеца щибго батIалъиги гьабуларо. Нижее Аллагьасул рахъалдасан бугеб кинабго жо хIакъаб буго ва ниж Аллагьасе мутIигIлъун, Гьесул амруялда нахърилълъарал руго», - абун.

Ниж Аллагь цогояв Халикъ вукIиналда ва Жив гуресе гIибадат гьабун бегьуларев магIбуд вукIиналда ракIчIарал руго. МухIаммад аварагги ﷺ витIун Аллагьас кинабго халкъалда тIадаблъун гьабураб исламияб динги рехун тун, цоги дин гьабулел гIадамазул дин Аллагьас кидаго къабул гьабуларо. Гьедин цогидаб дин гьабулев чи вуго жив ахираталда чIового хутIулев: жиндир гьабураб гIамал гIадада холев ва ахираталда жужахIалда вукIунев.

ХIасанул Басрияс абуна: «Гьаб аят рещтIинабуна ягьудиязул ва насраниязул хIакъалъулъ, жидеца МухIаммадил сипатал Инжил-Тавраталда рихьарал, гьелда иман лъун божун рукIарал ва гIадамаздаги гьеб хIакъаб жо бугин нугIлъи гьабун бицунел рукIарал, цинги Аллагьасул свалат-салам лъеяв авараг жидер къавмаздаса гьечIого, гIарабаздаса вукIиналъ, гьезда хIалхъублъи гьабун, жидеца аварагасда иман лъеялда инкар гьабурал ва цебеккун иман лъеялдаса руссун капурлъарал», - абун.

Дуца абе, МухIаммад: «Я китабияб агьлу, нужеца щай инкар кколеб Аллагьасул аятазда ва гIаламатазда: Аллагь нужеца гьабулеб жо лъалев вуго ва нужее жаза гьабизе буго щибго гьоркьоб течIого», - ян.

Дуца абе, МухIаммад: « Я китабияб агьлу, нужеца щай Аллагьасул нухдаса иман лъурал гIадамал нахъруссинарулел? Ва нужее щай бокьулеб битIараб исламияб диналъул нух гьетIараблъун, мекъаблъун букIине, нужеда якъинго лъалебги букIаго исламияб дин хIакъаб, битIараб букIин. ХIакълъунго, Аллагь нужеца гьабулеб лъаларев, гьелдаса гъапулав гьечIо, нужее хIакъаб гIазаб гьабичIого толевги гьечIо», - абун

Я, гьал иман лъурал гIадамал! Нуж мутIигIлъани китабиязул цо къокъаялъе: нуж къосинаризе батIи-батIиял нухал ралагьулел ругел, гьел ягьудияз нуж иман лъун рукIун хадур гьелдаса рахъизарун куфруширкалде руссинаризе руго. ХIакълъунго, Аллагьас жидерго напсазе зулму гьабулеб къавм битIараб нухда ва бахьи буголъиялде рачунаро ва гьезие тавпикъги гьабуларо. Гьез бокьун, лъан хIакъаб жоялда инкар ккун бугелъул.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...