Аслияб гьумералде

Жиндаса малаик вижулеб

Жиндаса малаик вижулеб

Жиндаса малаик вижулеб

Авараг макьилъ вихьулеб салават

 

Лагъас Аварагасде салават битIи гIемер гьабидал, гьев бищун Аллагьасе вокьулевлъунги Гьесде гIагаравлъунги вукIуна. Гьединлъидал нилъеца хIаракат бахъизе ккола кIванагIан гIемер гьесде салават битIизе.

 

Аварагас ﷺ абун буго: «Дун кIодо гьавун салават битIарав чи вугони, Аллагьас гьеб салаваталдаса малаик вижула. Жиндир цояб бакъбаккуде, цогияб бакътIерхьуде щолеб кIиго кваркьи бугев, хIатIал - ракьалъул ахаде щварал, габур - ГIаршалда гъоркь цураб. Цинги Аллагьас гьесда абула: «Дуца Дир лагъасде салават битIе, гьес Аварагасде битIараб гIадин» ва гьесги Къиямасеб къо чIезегIан гьев чиясде салават битIулеб букIуна», - ян.

Аварагасде ﷺ ритIулел салаватал руго батIи-батIиял, руго чанго батIаяб гIиллаялъе ва мурад тIубаялъе ритIулелги. Гьединаздасан руго живго Авараг ﷺ макьилъ вихьизелъун ритIулелги. «Кунузул асрар» абураб тIехьалда хъвалеб буго, рузман къоялъ нусго нухалъ

اللهم صل على محمد النبي الامي جزى الله عنا محمدا ما هو اهله

(Аллагьума ссали гIала МухIаммадини набийил умийи жаза Ллагьу гIана МухIаммадан ма гьува агьлугьу) абун салават битIарав чиясда ТIадегIанав Аллагь ﷻ яги Гьесул ﷻ Авараг ﷺ ялъуни Алжаналда живго вукIине вугеб бакI макьилъ бихьилин. Гьедин бихьичIони, щуго рузман къоялде щвезегIан цIалеян абейин.

Буго гьединабго цоги салават, жиб хасго Авараг ﷺ макьилъ вихьизелъун цIалулеб, гьебги гьаб буго:

اللهم صل على محمد و على ال محمد كما امرتنا ان نصلي عليه

(Аллагьумма ссали гIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммад кама амартана ан нусали гIалайгьи) – гьаб 71 нухалъ цIалула. Гьадин хъван буго «ФатхIу ррусул» абураб тIехьалъул 59-абилеб гьумералда.

 

 

МухIаммадгIали ГIабидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...