Аслияб гьумералде

ЛъикIлъиялъ бекье хур

ЛъикIлъиялъ бекье хур

КIвар кьоге мацIихъабаз бицунелде ва къватIул харбазде. ХIаракат бахъе гIадамаз гьабулеб лъикIаб иш бихьизе. ГъалатIал кколарев чи вукIунаро, амма лъил бугониги ккараб гъалатI гIочIода чIвазе лъугьунге. Гьедин гьабиялъ лъиего пайда кьоларо. Чияр гIунгутIаби рехсеялъ я мун яги дов чи талихIавлъун гьавуларо.

Халккве дурго черхалда хадуб. Сахлъиялдаса лъикIаб нигIмат цоги гьечIелъулха. Киданиги кIочонге Аллагь духъ балагьун вукIин. ГIибадат цIикIкIинабе, БетIергьанасда гьаре мунагьал чурагийин, дуегоги диналъул вацяцазеги дугIа гьабизе къарумлъуге. Аллагьас кьурал нигIматазухъ щукру гьабиялдаго цадахъ, гьезул пикруги гьабе. Гьеб мехалда дуда бихьила ва бичIчIила кигIан гIемераб нигIмат, рахIмат кьун мун гьаб ракьалда тун вугевали.

Сахлъи ва хIинкъигьечIолъи, гьава ва лъим, квен ва ретIел, мина ва рекIине жо, мал-мулк ва лъимал, хъизан ва гьудулгьалмагълъи… Гьебгощинаб бечелъиги кьун рахIаталда тун вуго мун БетIергьанас, дудайин абуни гьеб кинабго бихьулебцин гьечIо. Гьелъул гIаксалда, щукру-рецц гьабизеги кIочон, жеги тIадеги къваригIун вуго. Руго кверал, хIатIал, бохдул, гIундул, берал, кIал, мацI… Дуда кIола ният-къасд ккаралъуве ине, рагIула бицунебщинаб, бихьула хIажатабщинаб, кIалъазе кIола бокьарабщинабги бицун. Гьеб гурищ Аллагьасул рахIмат?

ГIалимчиясухъеги вачIун цо мискин зигардула Аллагьас пакъирлъиялда тун вугин живиланги абун. Гьеб мехалъ гIалимчияс гьесда абула гьеб дур канлъи щайин бичулареб нусазарго диргьамалде. Бичиларин кIалъала мискинчи. Гьедин батани, нусазарго диргьамалде кверал яги бохдул ричейин гIалимчияс абидал, гьелдаги разилъуларо мискин. Цинги гIалимчияс абула: «Нусаза-азар диргьамалъул бетIергьанлъунги вукIаго кин дуда кIолеб зигардизе», - ян. Гьеб мехалда бичIчIула мискинчиясда Аллагьасул рахIматазе гIурхъи-рахъго гьечIеблъи.

Гьаб гIумрудул магIна бичIчIарав инсан,
ГIодов виччан уна жиндирго нухда.
Щибаб лахIзаталъул пикруги гьабун
Ракьалда бекьула лъикIлъиялъул мугь.
Лъимадул кьижиги, херасул какги
Камилго бихьула сабру бугесда.
Балеб чвахунцIадги, гIазул теретги
Тартибалда букIин бичIчIула гьесда.

Пуланав чияс Сократида гьикъарабила, мунги лъалев дудаги лъалев цояс дур хIакъалъулъ абураб бицинищин. Гьеб дида бициналде дуца дудаго рагIараб гьеб хабар лъабго цIалкIинисан биччанищин цIеханила Сократица. БиччачIин абун дов чияс жаваб гьабидал, Сократица нахъеги гьикъанила: «Дуца гьеб хабар цин ритIухълъиялъул цIалкIинисан биччай. Мун божулищ гьес битIараб бицараблъиялда?»

- Божуларо, амма дида рагIана гьес бицанин абун.

- Гьедин батани дуда лъалеб гьечIоха гьеб хабар битIарабищ-тIекъабищ бугебали. РачIаха гьанже кIиабилеб, ай лъикIлъиялъул цIалкIинибе бан, цIалкIизе. Дида бицине бокьаралъ дие лъикIлъи гьабизе бугищ?

- ГьечIо.

- Гьедин батани, дуца дида бицинехъин бугоха ритIухълъи-тIекълъи лъалареб, дие зарал гурони щибго лъикIлъи гьабизе гьечIеб хабар. РачIаха лъабабилеб цIалкIуги босун, гьенисанги биччазе. Гьеб хабаралъ дие пайда кьезе ва гьелъул дие кIвар букIине бугищ?

- ГьечIо.

- Гьедин батани дуца дида бицинехъин бугоха я ритIухъаб бугищали лъалареб, яги лъикIлъи гъорлъ гьечIеб, ялъуни щибго пайда кьолареб хабар. Гьединги бугеб мехалда гьеб дида бициналъул магIнаго щиб? - ян абунила Сократица.

МУХIАМАДХIАБИБ МАХIАТIОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...