Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Цересел номеразда нилъеца байбихьи гьабун букIана Аллагьасул ﷻ берцинал цIарал рехсезе. Гьениб баян гьабун букIана тIоцебесеб лъебералда ичIго цIаралъул.

40. Аль-Мукъиту - кинабго халкъалъухъе къут (бетIер бахъулеб жо) щвезабулев, кинабго жоялъе къадар чIезабулев, кумек кьолев, хIал кьолев.

41. Аль-ХIасибу - хIисаб гьабулев, лагъзадерие гIей гьабулев, Жинда мугъчIвай гьабурасе гIей гьабулев, Жиндир цIобалдалъун лагъзал гIорцIизарулев, гьездаса балагьал тIаса росулев.

42. Аль-Жалилу - хIакъикъияб кIодолъи бугев, киналго камилалщинал сифатал Жиндир ругев, кинабго гIунгутIиялдаса вацIцIадав.

43. Аль-Кариму - лъикIлъи гIемерав, сахаватав, кигIан кьуниги Жиндир нигIмат тIагIунарев, хирияв, хиралъиялъул киналго рахъал жанире рачунев, Жиндир гьабулебщинаб жо реццалъе мустахIикъав.

44. Ар-Ракъибу - лагъзадерил хIалазул хъаравуллъи гьабулев, гьезул ишал лъалев, гьез гьабулебщинаб хъвалев, Жиндир цIуниялдаса щибго жо борчIун кколарев.

45. Аль-Мужибу - дугIа къабул гьабулев, гьарараб кьолев, Жиндаса гурого жо гьаруларев.

46. Аль-ВасигIу - Жиндир рикъзи кинабго халкъалъе гIатIидав, рахIмат тIолабго жоялъе гIатIидав, кинабго жоялда сверун лъугьарав.

47. Аль-ХIакиму - хIикматалдаса бахъараб щибго жо гьабуларев, Жиндир тадбир битIарав, киналго ишазул хIакъикъатазул жаниса рахъалги лъалев, Жинца къадар гьабураб хIукму цIакъ лъалев, гьабурабщинаб жоги, къотIараб хIукмуги кинабго лъикIаб, гIадлияб, хIикматияб букIунев.

48. Аль-Вадуду - Жиндие лагъзалги рокьулев, вализабазул ракIалъе Живги вокьулев.

49. Аль-Мажиду - кIодолъиялъул рахъалъ бищун тIадегIанав, лъикIлъи гIемерав, кьей гьарзаяв, пайда кIудияв.

50. Аль-БагIису - къиямасеб къоялъ халкъ тIаде бахъинабулев, халкъалъухъе илчизаби ритIарав, лагъзадерие кумек битIулев.

ГIали МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...