Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Цересел номеразда нилъеца байбихьи гьабун букIана Аллагьасул ﷻ берцинал цIарал рехсезе. Гьениб баян гьабун букIана тIоцебесеб кIикъоялда анцIго цIаралъул.

51. Аш-Шагьиду - кинабго жоялда аскIов вугев, Жиндаса щибго рикIкIалъуларев, кинабго жоялде тIаде ваккулев, кинабго жо батIа-батIа гьабун бихьулев, лъалев.

52. Аль-ХIакъкъу - Жив хIакъав, Жиндир калимабаздалъун хIакъаб жо хIакъаб букIин чIезабулев, Жиндир вализаби хIакълъизарулев, Жиндие лагълъи гьабизе кколев.

53. Аль-Вакилу - Жинда мугъчIвай гьабизе кколев, мугъчIвай гьабурасе гIей гьабулев, Гьесдалъун гIей гьабурав чи рази гьавулев.

54. Аль-Къавиййу - тIубараб, рагIа-ракьанде щвараб, камилаб хIалкIолъиялъул бетIергьан, бергьарав, къоларев, кинабниги къуваталда тIадги Жиндир къуват бугев.

55. Аль-Матину - щулияв, къуватав жиндир хIукму билълъанхъизабизе боялде хIажалъуларев, кумек хIажалъуларев, кумекчи, хьибил кколев чи къваригIунарев.

56. Аль-Валиййу - жиндие мутIигIлъулел гIадамазе квербакъулев, гьел рокьулев вализабазе кумек гьабулев, тушбаби квегъулев, халкъалъул ишал тIаде росарав, гьел цIунулев.

57. Аль-ХIамиду - кинабго реццалъе мустахIикъав, кинабго хIалалъулъ жиндие рецц гьабизе кколев.

ГIали МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...