Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Цересел номеразда нилъеца байбихьи гьабун букIана Аллагьасул ﷻ берцинал цIарал рехсезе. Гьениб баян гьабун букIана тIоцебесеб лъеберго цIаралъул.

31. Аль-ЛатIифу - Жиндир лагъзадерие лъикIлъи гьабулев, гьезда гурхIулев, гьезие бигьалъи гьабулев, гьел хьихьулев, гьезда цIоб лъолев.

32. Аль-Хабиру - тIасанго гIадин жанисанги тIолабго лъалев, Жиндие балъгояб жого гьечIев, Жиндир лъаялдаса щибго рикIкIалъуларев, букIарабги букIинесебги Жинда лъалев.

33. Аль-ХIалиму - хIалимав, гIасилъарав чиясе гIакъуба кьечIого виччан толев, мунагьал рахчулев, мутIигIасего гIадин гIасиясеги рикъзи кьолев.

34. Аль-ГIазиму - кIудияв, Жиндир кIодолъиялъе байбихьи гьечIев, Жиндир тIадегIанлъиялъе гIорхъи гьечIев, Жинда релълъараб жоги гьечIев.

35. Аль-Гъафуру - Жиндица лагъзадерил цIакъ мунагьал рахчулев, гьезул хатIалъабазда тIаса лъугьунев.

36. Аш-Шакуру - лагъзадерица гьабураб дагьаб гIамалалъухъ цIикIкIун кири хъвалев, гьезул гIамал тIубазабулев, гьезда тIаса лъугьунев.

37. Аль-ГIалиййу - тIадегIанав, къадру кIудияв, Жиндир тIадегIанлъиялъе сифат гьабун хIалкIоларев, ращадал яги жинда дандечIей гьабулел гIахьалчагIи рукIиналдаса тIадегIанав, Жиндир заталъеги, гучалъеги, хIалалъеги киналго тIадегIанлъаби мустахIикъал ругев.

38. Аль-Кабиру - тIадегIанав, кIудияв, сифатазулъги афгIалазулъги кIодолъи хIакъав, сундего хIажалъуларев, сунцаго гIажиз гьавуларев, Жинда релълъараб щибго жо гьечIев.

39. Аль-ХIафизу - мискъала-заррагIанасеб жо гъоркь течIого кинабго Жинца цIунулев, Жиндир цIуни тIаса унарев, тIолабго жо цIунун хьихьулев.

ГIали МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...