Аслияб гьумералде

ГIадамазе балъгояб заман

ГIадамазе балъгояб заман

ГIадамазе балъгояб заман

Магьди

 

ГIаламалъго жив рехсолев, жиндихъ киналго ралагьун чIарав Магьди имамасул хIакъалъулъ Аварагас бицун буго: «ТIекълъиялъ дунял цIураб ахир заманалда дир наслуялдаса цо чи вахъине вуго гIадлу-низамалъ ва ритIухълъиялъ жинца дунял цIезабулев, гьевги Магьди вуго», - ян.

 

Кида гьев вахъине вугевин абуни, хIадисалда буго: «ЦохIо къо гурони дунялалда хутIичIониги, Аллагьас ﷻ гьеб къо халат гьабизе буго гьелъулъ Магьди вахъине», - ян.

Гьединлъидал гьеб кида букIинебали мухIканго лъаларо, амма лъалеб жо буго мухIаррам моцIалъул анцIабилеб къо букIине бугеблъи. ТIахьазда абулеб буго гьесул цIар МухIаммад ялъуни АхIмад, инсул цIар ГIабдуллагь букIинин. КагIбаялда цебе, Ибрагьимил макъамалдаги ХIажарул асвадалдаги гьоркьоб гьесие халкъалъ къотIи гьабула. Гьел гIадамазул къадарин абуни Бадруялъул гъазаваталда гIахьаллъаразулго гIадаб, ай 313 чи вукIина. Имамасул вазирзабиги гIарабалъ кIалъалел гIажамиял рукIуна, гьезда дандбачIеб Магьдицаги гьабуларо.

Гьев вахъинегIан ахирисеб гIаламат, соназул рикIкIен витруялда букIина. Рамазан моцIалъул тIоцебесеб сордоялъ моцI кквей ва анцIила щуабилелъ бакъ кквейги ккела. Цинги Куфаялде вачIун киса-кирего боял жинца ритIун гIадлу билълъанхъизабизеги байбихьила.

 

Дажал

Гьеб заманалда вахъина, Аварагасул ﷺ заманалдаго гьавун, хириясул ﷺ дугIаялдалъун Аллагьас ﷻ ралъдал чIинкIиллъиялде рехун туснахъ гьавун вукIарав дажалги.

ЦIараб заман лъугIидал рахсидаса борчIараб гьой кинниги гьев жинда нахърилълъунезул боги бачун, дунял бижаралдаса жеги лъугьинчIеб гIадаб пасалъи билълъанхъизеги лъугьуна, хIатта жив аллагьинги чIела. Гьесул цояб берги букIунаро, нодоялда капуравин абун хъванги букIуна. РекIунеб жоги нусго чи жинца ваччулеб гIадал гIундулги ругеб хIама букIининги буго.

 

ГIиса авараг

Гьеб пасалъиялда дажал вукIаго Аллагьас ﷻ зодоса ГIиса витIун, Дамаскъ шагьаралъул Амави абураб мажгиталде вачIуна. Гьенив Магьдица тарав имамасгун бакъанил какги бан, Байтул-Мукъадасалде уна. Рогьалил какил гIужалда гьениве щун, Магьдигун дандчIван, рогьалил как Магьдида хадуб бала. Гьеб байги букIуна Исламияб диналдалъун жив вачIараблъи цогиязда лъазелъун. Гьениса цадахъ ун кIиявго дажалида хадур лъугьуна. Лудд абураб бакIалде щун рухI цIунун лъутун унев дажал гьезухъе щола. ГIисаца хеч тункун гIодов ккезавула, цинги тIадги речIчIун хъунги рехула. Насранияз, ягьудияз ГIисада иман лъола. Дажалида нахърилълъунел рукIаралги нахъе чи течIого гъурула.

Хириял муъминзаби, щиб абуниги, лъида хадур нилъ рахъине ругелали нилъер иманалда бараб букIине буго. Жакъа нилъеда цере ругезда хадур рилълъунел гьечIони, хадув вачIарасда нахърилълъинги щакаб буго.

 

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...