Аслияб гьумералде

Даран-базар гIемерлъи

Даран-базар гIемерлъи

Даран-базар гIемерлъи

Къиямасеб къо тIаде щвеялъул гIисинал гIаламатаздасан ккола даран-базар тIибитIи. Аварагасул ﷺ заманалда даран-базар гIемерисеб бихьиназ гьабулаан. Жакъа абуни руччаби цере ккун руго.

«Даран-базар тIибитIи, хIатта чIужугIаданалъ росгун цадахъ гьабизе буго бича-хиси», - ян буго хIадисалда (АхIмад).

Цоги хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола боцIи-мал цIикIкIин, даран-базар тIибитIи», - ян (Ан-Насаи).

Даран-базар шаргIалъ беццараб пиша буго. БитIараб нухде хIалтIизабулеб бечелъиги какун гьечIо. Какараб буго шаргIалъул нух кIочон тей. ЦIикIкIун гIарац щвезелъун дин бичизе хIадур рукIуна гIемерисел. Хасго пасалъи рещтIинабула, росасул разилъиги гьечIого, ричаризе къватIире рахъарал руччабаз. Къайи босизе унел ругинги абун, махIрамиявги цадахъ гьечIого, къватIисел улкабаздецин уна гьел.

Гьаб заманалда цохIо рос хIалтIун тIубалеб гьечIо, чIужуги яхъине кколей йиго хIалтIизе. Амма шаригIаталъул нухги тун тиризе бегьуларо дунялалъул боцIуе гIоло. Цо-цо мехалда руччабаз россабаздасаги цIикIкIун гIарац гьабула ва цинги рукъалъул бетIер жалгойин ккола гьезда. Росасде хIажатай гьечIилан байбихьула гьесухъ гIенеккунгутIизе. Гьеб мехалъ байбихьула хъизаналъуб ишкал.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги шаргIалъул нух ккун, Гьев ﷻ разияб хIалалда хьвадизе.

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...