Аслияб гьумералде

Рибачиясул къисмат

Рибачиясул къисмат

ХIурматиял динцоял! Нилъеда лъала рибачилъи кIудиял мунагьазул цояб букIин. Рибачилъиялъул чанго батIиял тайпабиги руго. Гьезул цояб ккола процентал тIад лъун гIарац налъуда кьей. Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатаздасанги ккола гьеб. Хирияв аварагас абуна: «Къиямасеб къоялда цебе рибачилъи кутакалда цIикIкIине буго», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, иман лъурал гIадамал! Нуж унгоунгояб хIалалъ Аллагьасда божа ва гьесул гIазабалдаса хIинкъа. Нужеца риба гьабун гьабураб дараналъул тIокIлъи босуге, гьеб даранги битIаралда сверизабе, нуж муъминзаби ратани», - ян (суратул «Бакъарат», аят 278

Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «БачIина замана, хIалал-хIарам батIалъи гьечIого, гIарац кин тIалаб гьабуниги гIадамазе ургъел гьечIеб», - илан.

ХIакъикъаталдаги риба ккола, букIа гьеб кредит ялъуни процентал тIаде журан кьураб налъи, бакъ щвараб къоялъ духъе кьураб дугъ (зонтик) гIадаб жо. Цинги цIад балеб къоялъ жибги нахъе босулеб. Бищун нилъ хIажатаб заманалда жеги цIикIкIун нахъе тIалаб гьабулеб. Риба хIалтIизабулел гIадамазе ахираталде кьезе бугеб гIазабалъе гIела гьаб хадуб рехсараб хIадис.

Самурат ибн Жундабидасан бицана:

«Рогьали какда хадуб аварагас , нахъехунги вуссун, нижеда гьикъулаан: «Жакъа сардилъ нужер лъида макьу бихьараб?» - илан. Макьу бихьарас гьеб бицунаан ва аварагас абулан: «ЛъикI буго», - ян. Цо къоялъ гьес цIехана: «Нужер цонигиясда макьу бихьанищ?» - ян. БихьичIин жаваб кьедал, гьес абуна: «Дида къаси макьилъ кIиго чи вихьана. Дихъеги рачIун ПалистIиналъул баракатал ракьазде вачана гьез дун. Гьениве унаго дида гIодов чIарав чи вихьана. Гьесда аскIов вахъун чIарасухъ кодоб маххул гъанцIаги букIана.

ГIодов чIарасул кIалдиб гьебги къазабун, кIал бихъулеб букIана гьес. Цинги кIалзул цогидаб ракьанда къазабулаан. Гьебго жо цояб рахъалъе гьабилалде, бихъун букIараб рахъ цIилъулаан ва гьев цIидасан добго хIалалъ бихъизе жувалаан. Дица гьикъана гьаб щиб жойилан. Амма жаваб кьечIо, абуна цеве айилан. Нухда унаго кIалагъоркье вегарасда аскIор щведал ниж чIана.

Гьесул ботIрода аскIов чIарас кодоб бугеб кьурул кесек вегарасул ботIролъ кьабидал, гьев цояб рахъалде рехун унаан. Цинги гьеб кесек босун вачIиналде, вегарасул бетIер букIараб хIалалъ цIилъулаан ва гьес цIидасан гьесдаги кьабулаан. Гьал щалин цIехедалги, цеве айин абуна. Церехун унаго, печалда релълъараб каратIалде щвана.

Гьелъул тIасияб рахъ къваридаб букIана ва гьенир толохIочарал бихьиналгун руччаби рукIана. Гьоркьияб, гIатIидаб рахъалда цIаги букIана. ЦIа гьездехун гIагарлъидал, кутакаб бухIиялъ гьел эхеде рахъунаан, цIа чучидал рукIаралъуре рачIунаан. Гьаб щибилан цIехедал, цеве айилан абуна.

Цере унаго, лъел бакIалда би чваххулеб гIоралде аскIоре щвана. ГIор бакьулъ эхетун вугоан цо чи ва гьесда дандбитIун, ганчIалги цере лъун вугоан цогидав. ГIурулъ вугев къватIиве вачIине лъугьиндал, къватIив вугес кIалдиб гамачI речIчIун, вукIаралъувего вортизавулаан. Гьаб щибилан цIехедал, цеве айилан абуна. Цере унаго цо кIудияб гъветI бугеб ахикье щвана. ГъотIол ракьанда, лъималгун цадахъ, кIудияв чи вугоан гIодов чIун. ГъотIол рагIалда вугоан цогидав чи, цIа свинаредухъ гьелъухъ балагьун. Цинги цадахъ ругез дун гъотIоде вахинавуна ва гьениса цо цIакъ берцинаб рокъове вачана. Гьенир ругоан гIолохъаби, херал, руччаби ва лъимал. Гьенисаги вачана жеги берцинаб рокъове. Гьенир ругоан хараби ва гIолохъаби.

Цадахъ ругезда дица абуна: «Жакъа сардилъ нужеца цадахъ вачана дун, гьанже бице дида бихьаралъул?» - илан. Гьезул цояс абуна: «Дуда цебе гъанцIаялъ кIал бихъулев вукIарав вуго гьерсихъан. Гьесдасан гьерсал тIиритIулаан. Къиямасеб къо щвезегIан гьеб жо гьабизе буго гьесие. Жиндир бетIер бекулев вукIарасда Аллагьас Къуръан малъун букIана, амма гьев къасе кьижун, къад тIадкъараб рехун тун вукIунаан. Къиямасеб къо бачIинегIан гьесиеги гьеб гIазаб букIине буго. КартIинир дуда рихьарал рукIана зиначагIи. ГIурулъ вукIарав вуго рибачи. ГъотIол рагIалда гIодов чIарав херав Ибрагьим авараг вуго, гьев сверун рукIарал лъимал гIадамазул зурият буго, цIадухъ валагьун вукIарав жужахI цIунарав Малик малаик вуго.

Мун жаниве лъугьараб тIоцебесеб рукъ буго муъминзабазе хIадурараб, кIиабилеб рукъ - шагьидзабазе. Дун ЖабрагIил малаик вуго, гьавги МикагIил малаик вуго. Гьанже дуца бетIер эхеде борхе», - ян. БетIер борхидал накIкIуда релълъараб жо бихьана. Гьез абуна: «Гьабги дур бакI буго», - ян. Дица абуна: «Дир бакIалде вахине те дун», - илан. Гьез абуна: «Дур гIумру жеги лъугIичIо. ЛъугIидал дурго бакIалде вачIина», - ян.

КАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...