Аслияб гьумералде

Гьересияб нугIлъи

Гьересияб нугIлъи

Гьересияб нугIлъи

Аварагасул ﷺ хIадиасалда буго: «Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола хIакъаб бахчун гьересияб нугIлъи гьаби тIибитIи», - ян. (АхIмад)

 

Гьересияб нугIлъи гьабиги ккола, хIакъаб лъалеб бугониги, диваналда гьереси бицун мекъав ритIухъ гьави ва битIарасул хIакъ хвезаби. Гьересияб нугIлъи гьаби чIахIиял мунагьаздасан рикIкIуна. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «НугIлъи гьабизе тIаде босарав чияс гьебги бахчуге ва ахIидал нугIлъи гьабизеги а. НугIлъи бахчарав, ракIалъ мунагь гьабулев чи вуго», - ян. (Суратул «Бакъарат» 283 аят)

Гьеб мунагьалъул гIасилъиялъул бицун Абубакар-асхIабасги абуна: «Бичасул Расулас ﷺ лъабцIул абуна: «Мунагьазул бищун кIудияб бицинищ нужее?» - ян. ЛъабцIул гьеб такрарги гьабун, Аварагас ﷺ абуна: «Хъанчие лагълъи гьаби (ширк), эбел-инсуе зарал гьаби ва гьересияб нугIлъи гьаби», - ян. Гьеб абулаго Авараг ﷺ цо жоялда ваччун вукIана, цинги гьев гIодовчIана ва гьел рагIаби такрар гьарулев вукIана нижеда ракIалде ккезегIан «гьес абичIебанищ», - абун». (Бухари)

 

Камил МухIаммадов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...