Аслияб гьумералде

ГIумру – хIалбихьиялъул сухъмахъ

ГIумру – хIалбихьиялъул сухъмахъ

ГIумру – хIалбихьиялъул сухъмахъ

Жакъа нилъеца гIумру гьабулеб заман буго бецIаб сардида релълъараб, питнаби гIемераб, ай сардил бецIлъиялъ лъикIаб квешалдаса батIабахъизе лъаларебин абураб магIнаялда. Гьебги ккола къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатазул цояб. Питнаги ккола Аллагьасул ﷻ рахъалдасан лагъасе бугеб хIалбихьи.

 

Суратул «ГIанкабуталда» ТIадегIанас абулеб буго: «ГIадамазда ракIалдейищ кколеб жидеца иман лъунин абураб рагIи абураб мехалъ, жал щибго питна-къварилъи гьабичIого телин абун. ХIакълъунго, дица хIалбихьи гьабуна гьезда цере рукIарал умматазул муъминзабазулги. Аллагьас гьелдалъун загьир гьарун лъазарула иманалъул ритIухъал гIадамал ва гьединго лъазарула жидеца гьереси бицунел, мунапикъал гIадамалги». (1-2 аятал).

Абизе бегьула нилъер гIумруго бугин хIалбихьиялъул сухъмахъ. Щивав инсанасул гIумруялъулъ рукIуна рохалилал ва пашманал лъугьа-бахъинал. ЗахIмалъаби тIаде рачIун, Аллагьасул ﷻ ва Аварагасул ﷺ нух ккун, гьел берцинго раччарав чиясул рекIелъ иманги щулалъула, Аллагьги ﷻ гьесдаса рази вукIуна. Кинаб къварилъи-балагь тIаде бачIаниги бусурбанчи вукIине ккола гьел раччизе хIадуравлъун.

Масала, халгьабе ралъдал рагIалда ругел кьурабазухъ. КигIан къвакIараб кьуруялъулцин нус-нус соналда жаниб ралъдал карачелалъ чан-чанхин тIаса босун цIвакизе гьабула. Гьединго ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ хIалбихьиялдалъун жиндирго лагъасул керен мунагьаздаса бацIцIад гьабула.

Гьаб ракьалда Аллагьас ﷻ бищун лъикI жидер хIалбихьи гьабурал чагIи руго русулал ва аварагзаби. ТIаде рачIарал балагь-питнаялде гьабураб сабруялъ ва щулалъиялъ Аллагьас ﷻ гьел тIадегIанаб макъамалде рахинаруна. Гьезда гьоркьоса бищун хIалбихьи гьабурал улул гIазмаби руго, ай МухIаммад, НухI, Ибрагьим, Муса ва ГIиса аварагзаби. Цинги гьезда гьоркьосанги бищун жиндир хIалбихьи гьабурав авараг ккола нилъер хирияв МухIаммад ﷺ авараг. Гьединлъидал Аллагьас ﷻ гьевги бищун тIадегIанаб макъамалде вахинавуна.

Жакъа къоялда жаниб инсан гьалаглъиялде вачине рес бугел питнаби гIемер руго. Гьезул жиндаса цIунизе бищун захIматабги хIарамаб жоялъухъ балагьиялъул питна буго. Хасго риидалил заманалда шагьаралде рахъиндал, черх бахчулареб ретIел ретIарал ясал. Гьелда тIаде жеги нилъеда лъазе кколелдаса буго бихьиназда цебе руччабаз жидерго гIаврат бахчизе бугебго гIадин, бихьиназеги гьумер ва кверал хутIун цогияб бихьиназги бахчизе бихьизабун бугеблъи шаргIалда.

 Нилъер умумузул заманалда рукIинчIо жакъа гIадин спутниковиял телевидениялги, интернеталги ва гьелде тIаде щивасухъ ругел телефоналги. Гьединлъидал, абизе бегьула, рекIелъ Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи гьечIони, бокьухъе рес бугин берзул мунагьал гьаризе.

Интернеталъул гьиназда цIалун букIана, цо исламияб улкаялдаса васас исламияб гуреб улкалде цIализе унаго эбелалда гьикъун бугин: «КивегIаги дун гьениве щвараб мехалъ инев?» - абун. Эбелалъ абун буго: «Дур ракI цIараб рахъалдехун мун уна, дир вас», - илан.

Гьединго бегьула интернет къватIгун данде кквезеги. ГIурус мацIалъ абухъе, интернет буго виртуалияб гIумру. КъватIире унаго нилъер щивас тIаса бищула ретIелги, гьудулзабиги ва унеб бакIги. РекIелъ иман бугев ва шаригIаталъул нух ккурас шаргIалда рекъараб ретIелги ретIуна, лъикIал чагIазда цадахъги вукIуна, Аллагьасде ﷻ гIасилъулел жалазда аскIовеги къаларо. Гьебго хIал буго интернеталда жанибги. Узухъда, къватIазда нилъ киназдаго рихьула. ХIарамаб гьабизе ракIалъ цIаниги, гIадамазукьа нечонги гьабичIого тезе рес буго, рекIелъго гьебги тун. Амма интернеталда жаниб инсан вукIуна живго жиндаго. ХIарамаб жоялдаса гьев цIунизе рес буго цохIо Аллагьасда ﷻ цебе бугеб яхI-намусалъ. Аллагьасукьа хIинкъун питнаялдаса цIунизе ва гьеб тезе кIварав чиясе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ иман кьола, жиндир гьуинлъи рекIелъ гьесда халлъулеб.

 

Жабир Мажидов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...