Аслияб гьумералде

ЧIухIун кIалъаялъул хIасил

ЧIухIун кIалъаялъул хIасил

ЧIухIун кIалъаялъул хIасил

Цо-цо чагIи рукIуна дагIбадизе бокьулел. ХIатта рукIуна кидадай къацандизе чи щвелаян пикрабазда рукIунелцин. Цоцазулъ дагIбадийин абуни инсанияталъулъ байбихьана Адам аварагасул васаздаса байбихьун. Гьеб дагIбаялъул хIасилалда Къабилица Гьабилги чIвана.

 

Халкъалда гьоркьоб лъугьунеб дагIба-рагIиялъ гьудуласул гьавула тушман, тушманасул лъугьуна чIвадарухъан. ДагIбадиялъ гIагарав чи рикIкIад гьавула. Цо эбелалъул ургьиб гIураб кIиго лъимер батIа гьабула. Цо каранда хахарал вацал рикьизарула. Мадугьал мадугьаласдаса тIезавула. ТIулил вацал гIадин цадахъ гIурал гIолилал цоцазда рихинарула. Гьединлъидал, исламалъ дагIба гьаби гьукъана. КIалъаялъул адабал малъана. ХIатта шаригIаталъ хIинкъи кьуна дагIбадулесе ва гьев рикIкIана мунафикъзабазул мухъилъ. Хирияв аварагас ﷺ бицана: «Мунафикъзабазул лъабго гIаламат буго: кIалъалеб мехалъ гьереси бицин, къотIи тIубазабунгутIи, божударекIкI гьаби».

Гьединав чиясул гIакълуялдаса цебе мацI ккола, гурхIелалдаса цебе хъачIлъи ккола, ритIухълъи цIунизегIанго зулму хIалтIизабула. Гьесул мацI буго чорокаб, ракI буго бецIаб, гьелдалъун гьев живгоги чIухIун вукIуна. БитIараб жоялде данде гьес нусго гьереси бицуна. ТIутIазул кваркьиялъулгIанги гьесие ритIухълъиялъул ургъелги букIунаро. Жиндие данде кколареб жоялъухъ гьев валагьула тушманасухъ гIадин. ГIадамаз гьабунщиналда гIайибги чIвала. ХIатта гьез гьабунщинаб, гьесда мунагьин ракIалде ккола.

Бусурбабазда бичIчIизе ккола дагIбадиялъ инсан лъикIлъиялде вачунареблъи. Гьелъул ахирги ккола цоцазда гьоркьоб ракIхвей. Мисалалъе, дуца абулеб буго цо чиясда хъалиян какараб гIамал бугин, гьелъ дур сахлъиялъе зарал гьабулин. Амма дандияс абулеб буго зарал букIаниги дида гьеб тун бажаруларин, рехун тезе ракIалдаги гьечIин. Гьев чигун дагIбадизе лъугьани, ай дица дуда гьеб тезабулинги абун, гьеб мехалда иш бачIуна дагIбаялде. Гьедин дагIбади инсан лъикIлъиялде ахIулеб хIикматги гуро. ЧIухIараб напсалда чIухIун кIалъаялъ хIасил кьоларо. ЦIаялда тIаде бензин тIуни гьеб ссунаро. ХIеренлъиялъ гурищ дунял мукIур гьабураб? ХIеренаб каламалъ гурищ ислам тIадегIанлъараб? ЦIа свине ккани гьелде тIаде лъим тIезе кколеб гIадин, дагIбадулев чиясде тIаде хIалимлъи тIезе ккола. Гьеб кинабгоги бичIчIула хирияб Къуръаналъул аяталдасан (магIна): «Дуца, МухIаммад, гьел Аллагьасул диналде ахIулеб мехалъ, хIикматалдалъун ахIе, берцинаб вагIзаялдалъун ахIе, дагIбаялде иш бачIинехъин бугони, бищун берцинаб (хIеренаб, гурхIулеб, тамахаб) каламалдалъунги кIалъай». (Ан-НахIл, 125).

Гьединго, балагье Аллагьас ﷻ Муса ва Гьарун аварагзабазда кин амру гьабурабали. Аллагьас ﷻ гьел ФиргIавнихъе ритIулаго гьезда малъана кин ФиргIавнида кIалъазе кколебали. «Нужеца гьесие хIеренаб калам гьабе, гьев кантIизе яги хIинкъизе бегьула», - ян абун.

Къуръан буго уммат къачIалеб Аллагьасул ﷻ тIехь. Къуръаналъ бицунеб буго цере рукIаразул къиса, нилъеца пикру гьабизелъун букIине. БитIараб нух бокьарав чи Къуръаналда нахъвилъинеги ккола. ФиргIавнидацин хIеренго кIалъазе Аллагьас ﷻ амру гьабураб мехалда, кин кIолеб бусурбанчиясда бусурбанчигун гьаракь борхун кIалъазе?

Нилъер гIайиб буго нилъго нилъедаго кIодолъун рихьи. Щивасда ракIалде ккола жинца битIараб бицунеб бугин. Щивасда ракIалде ккола жинца дандияв битIараб нухде тIовитIулев вугин. Гьедин чIухIараб напсалда киданиги кIоларо хIакъикъат загьир гьабизе.

КигIан витIаравлъун мун ватаниги исламалъ ихтияр кьоларо дандиясда хъачIаб рагIи абизе, ихтияр кьоларо дандиясул пикру, гIакълу ва гьесул къадру гIодобегIан гьабизе.

ХIеренго кIалъайги хIинкъи кколаро. Гьеб буго бахIарчилъи. Пикру гьабе, гIакълу сверарав чи ахIдезе лъугьуна. Амма напсалда кверщелги гьабун сабруялдалъун иш тIубазабуни, гьеб ккола гIакълу, бахIарчилъи, дунялалдаги ахираталдаги талихI.

Чанги чи вукIуна зина гьабуларев, риба кваналарев. Гьев хIарамлъиялде вачIунаро, цIогь къабул гьабуларо, амма жиндирго мацIалда хадуб халкколаро, кIалъалеб мехалъ дагIбадула, чорокаб рагIи абула, гъибат-бугьтан гьабула. КIудияб гIажаиблъи гурищ, гьединал чIахIиял мунагьаздаса цIунарав чиясда кIолеб гьечIо гьитIинаб мацI кквезе.

Пикру гьабе, халкъалда гьоркьоб кколеб дагIба байбихьула мацIалдалъун, кIалъазе лъангутIиялдалъун, цояв кIалъалаго вуцIцIун чIезе лъангутIиялдалъун, дандиясул къадруги пикруги гIодобегIан гьабиялдалъун.

 

 

ХIабиб-хIажи ГIисаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...