Аслияб гьумералде

Заман хехлъи

Заман хехлъи

ГIабдуллагь ибн МасгIудидасан бицана аварагас абунин: «Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатаздасан ккола моцI хехго хиси», - ян. (ТIабарани)

 

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола моцI хехго хиси, ай моцIалъул тIоцебесеб къоялда абизе буго гьаб моцI кIиабилеб къоялъул буго», - ян (ТIабарани). Гьебго магIнаялъул хIадис буго Анасидасан бицарабги.

Гьел хIадисал ричIчIизе ккани, лъазе ккола гьижрияб календаралда рекъон, щибаб моцIрол авалалда моцI цIакъго тIеренаблъун букIунеблъи. Цинги къоял анагIан, кIиабилеб бащалъи щвезегIан, кIодолъулебги букIуна гьеб. КIиабилеб бащалъиялдаса байбихьун, букIарабго хIалалда гьитIинлъизе байбихьула. Гьел хIадисаз тIоритIел гьабула къиямасеб къо гIагарлъидал моцI цIилъиялъул билълъин хехлъи букIиналда. Гьелъул магIнаги ккола, заман цIакъго хех ине бугин абураб. Къоялъул гьитIинлъиялъ гIадамал зигардулел рихьула щибго гьабизе заманго гIолеб гьечIин абун.

 

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...