Аслияб гьумералде

ЖамгIияталъеги пайда щола

ЖамгIияталъеги пайда щола

ЖамгIияталъеги пайда щола

ЛъикIаб иш гьабиялдалъун инсанас жиндиего гуребги, жамгIияталъеги пайда гьабула. ЛъикIаб иш гьабидал разилъизеги бачIуна, ракIги боххула. Гьабураб лъикIлъи гIададаги холаро.

 

Аллагьасдаги кIочон толаро лъикIлъи  гьабулел. Ракьалда лъикIлъи бекьулев, хIакъикъаталдаги талихIав чиги вуго. Жакъа дунялалда щвечIониги метер ахираталданиги гьелъухъ шапакъатги щола. Гьедин хъван бугелъулха хирияб Къуръаналда.        

Нилъеда гьоркьорги гIезегIан руго ракьалда лъикIлъи бекьулел гIадамал. Амма гьединал рихьуларо, рихьизелъун, цIар рагIизелъун яги жидеего цо щиб бугониги щвезелъун гьединаз хIалтIиги гьабуларо. Гьез лъикIлъи бекьула Аллагьасе гIоло, гьединазул лъалкIги ракьалдаса киданиги тIагIунаро. Цо гIакъилав чияс хъвалеб буго дуде тIаде бегараб ургъел батани, мун пашманго ватани, хIалбихьийин къварилъиялда вугесе кумек гьабизе, вакъарасе тIагIам кьезе. Духъаго бажарулебщинаб гьабейила ва дуда бихьилила рекIее лъугьунеб бигьалъи. ХIакъикъат гьединаб буго, пикру гьабуразда гурони гьелъул тIагIамги лъаларо.

Мунагьазул бакIаб гьиргун ахираталде арай пуланай гIадан алжаналде арайила къечалъ холеб букIараб гьведуе лъим кьуралъухъ.  Аллагьасе гIоло лъикIлъи гьабурав Аллагьасдаги кIочон толаро.  Къуръаналда бугелъулха, БетIергьанасе лъикIлъи гьабулел рокьулин.  ХIакъаб жо, захIмалъи-къварилъиялда хадуб гIатIилъи-бигьалъиги бачIуна. КигIанго цIакъ сордо халалъаниги, дунял рогьинчIого чIоларо. Рухьен къарабгIан гьеб тIечIого хутIуларо.  МагIу хисула гьимиялъ, пашманлъи – роххалица.  Гьаб буго тирулеб, хисулеб дунял. Кида-къадги щибаб жо рукIалиде ккечIого хутIуларо, къваригIунеб жо буго, Аллагьасде мугъчIвайги гьабун,  гIицIго сабуралда рукIин. Сабуралъул тIиналдайин батулеб тIогьол майдан.  

ГIакълу бугев чиясухъа бажарула  жиндиего ккараб зарал хайиралде буссинабунги. Маккаялдаса нахъе къотIидал, Мадинаялде гочарав МухIаммад аварагасухъа бажарана гучаб пачалихъ гIуцIун. Аллагьасул хIукмуялдалъун гьесухъа бажарана квешлъи лъикIлъиялде буссинабун.  ГIакъуба-гIазаб чIамизе ккаразул гIемерисел, жидерго ишаздалъунги цIигьарияздалъунги машгьурлъана. Къварилъабазул цIураб лълъар гьекъарал шагIирзабазги хъвадарухъабазги хъвана гIаламалъего асар гьабурал асарал. Лъица бугониги лимон кьуни, чакарги бан тIаде лъим тIуни, гьелъул лъугьуна гьекъезе гъира балеб гьайбатаб лъамалъи. Гьелъухъего, хIаракат бахъе, гIакълуялда квелъги бан, сабуралдаги чIун, тавакалалъул чодаги рекIун квешлъи лъикIлъиялде буссинабизе.

Роза тIегьалъул хIобода рукIуна зазал. Амма гьелъул тIарада батула ракI тIаде цIалеб берцинаб тIегь. ТIадегIанав Аллагьасул Каламалдаги бугелъулха (магIна): «Цо щиб бугониги батизе рес буго нужер ракIкъалеб, амма гьеб буго нужее пайдаяб ва лъикIаб», - абун. 

Аварагасул хIадисалдаги буго: «Ризкъиги гIатIилъизе гIумруги халалъизе бокьарав чияс жиндие квешлъи гьабуразеги лъикIлъи гьабе», - ян.

 

МухIаммад Расулов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...