Аслияб гьумералде

Ахирияб русин

Ахирияб русин

Ахирияб русин

Аллагьас ﷻ бижанщинаб махлукъат паналъизе буго. Дунялалъе цIараб заманги буго. Ахир-къадги дунял паналъула ва инсанги гьанив хутIуларо. Нилъеда лъала щивав чиясда хадув ГIизраил малаик вачIине вугеблъи.

 

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Щибаб напсалъ хвалил кьогIлъи чIамизе буго», - ян. Жив хвезе вугеблъи бичIчIарав чиясул рекIелъ дунял бессуларо. Дунял рекIелъ бессиялъул магIна ккола, гьеб гьесухъ кодоб бугониги, гIоларин абураб жо. Дунял рекIелъ бесси цIакъ какун буго. Гьелъин ГIали-асхIабас абураб: «Хвел гIемер ракIалде щвезабулев чи разилъула дагьаб жоялда», - ян.

Шайих МухIаммад Абу Ясир ГIабидиница абуна: «ТIолабго уммат тIадрекъана хвалие бихьизабураб сон, цIараб заман, унти гьечIеблъиялда. Инсанасе хвел буго хIадурлъи гьабизе бугеб жолъун. Хвел цебе букIаго кIудиял вагIзабаздеги гIемерал насихIатаздеги хIажалъиги гьечIо», - ян.

ГIусман ибн ЯхIъя Майрияс абуна: «Хвел рехсолев чиясул рекIелъе шайтIан лъугьунаро. Хвел рехсеялдаса ракI гъапуллъараб мехалъ шайтIан рекIелъе лъугьуна», - ян.

Хвел ккола ахираталде къокъиналъе хIадурлъи гьабулеб жо.

Гьединав чияс квешлъиги гьабуларо, дунялалъул лазатги босуларо. Щайгурелъул, гьесда лъалелъулха хвезе вукIин. ХIакъикъаталдаги нилъеда лъаларо кидал хвезе ругелали. Гьединлъидал нилъ рукIине ккола жакъасеб къоялдаса кIванагIан пайда босулел чагIилъун. Щайин абуни, сонисеб къо ана, метерисеб къо щвезегIан чIаго хутIилищали лъаларо. Гьебги бичIчIунин аварагзабиги вализаби кидаго гIодулелги рукIарал.

Давуд авараг, хвалил ва къиямасеб къоялъул хIакъалъулъ рагIидал, кьер хисун лъавудаса унаан. Аллагьасул ﷻ рахIматалъул жо рагIидал, лъавудеги вачIунаан.

ГIакъилав чиясда кIочон тезе бегьуларо дунял паналъулеб жо букIин, хвел ва балагьал божи гьечIел жал рукIин.

Суфяну Саврияс абуна хвалие хIадурлъи гьаби жинца течIин метер чIаго хутIиялде хьулги лъун. Гьединго гьесго абуна, тIагIат бижулин хвел рехсеялдалъун, мунагьал рижулин гьеб кIочон теялдалъунилан. Хвел рехсолев чиясда бичIчIула Аллагьасда ﷻ цевечIезе кколеблъи ва гьев тIагIаталде вуссуна. Хвел кIочон тарав чияс квешлъиги гьабула, дунялалдаса лазатги босула. Хвеларин ракIалде ккеялъ чиясул хьул халалъизабила, ай гьесда ракIалда ккола кидаго гьанив вукIине вугин абун. ГIали-асхIабас абуна: «КIиго пиша буго дун бищун хIинкъулеб жо: гьаваялда нахъвилъин ва хьул халалъи. Гьаваялда нахъ вилъиналъ хIакъаб жоялдаса нахъе къазавула ва хьул халалъиялъ дунял бокьизабула. Ахираталде рокьи бугев чияс нахъбахъичIого гьелъие хIадурлъи гьабула», - ян.

 

 

 

ВАСИЯТ Имам Нававияс «Риязу ссалихIиналдаги», «Азкараздаги», «Мугьаззабалдаги» хъвалеб буго: «Аллагь разилъаяв Имам ШафигIияс абунила: «Хварав чиясул хабада Къуръан цIалани лъикIаб букIинилан, тIубанго Къуръан цIаланани цIакъго беццарабги бугилан». Аллагь разилъаяв ибну ГIумарица живго холеб мехалъ васият гьабуна жиндир хабада аскIоб суратул Бакъараталъул авалги ахирги цIалеян.

 

 

Хвел ракIалде щвезабула хабалазде зиярат гьабиялъги. Руго гьеб гьукъулелги, амма гьезул далил кьучI гьечIеб буго.

НафигIица бицана ибну ГIумарица Аварагасул ﷺ хабаде зиярат гьабулаанин ва хадуб саламги кьолаанин Абубакариеги.

Ибну Къудаматица «Мугъни» абураб тIехьалда хъван буго: «Имам АхIмадида гьикъана хабалазде зиярат гьабиялъул хIакъалъулъ. Гьес абуна хабалазде зиярат гьаби беццараб бугин», - абун.

Имам Нававияс «МажмугI» абураб тIехьалда хъван буго: «Имам ШафигIил нусусал ва гьесда нахърилъарал гIалимзаби тIадрекъана хабалазде зиярат гьабизе бегьиялда», - ян.

Аварагасул ﷺ яс Фатиматица щибаб рузман къоялъ ХIамзатил хабаде зиярат гьабулеб букIана. Аварагас ﷺ хIадисалда абуна: «Дир хабаде зиярат гьабурав чиясе шапагIат тIалъула», - ян.

Зайд ибн Асламица абуна, цо нухалъ Абу Гьурайратги гьалмагъги хабалазда аскIосан унаго, Абу Гьурайратица салам кьеян абунин. Гьев чияс абула хабалазе саламищ кьолебилан? Абу Гьурайратица абула, нуж цоцазда цо нухалдагIаги рихьун рукIун ратани гьаб дунялалда, хварасда мун лъалаян.

 

Шамил МухӀаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...