Аслияб гьумералде

Салават битIи

Салават битIи

Аллагьас Къуръаналда амру гьабулеб буго Аварагасде свалат битIеян абун. Жинцагоги битIулеб буго. Нилъеда лъала амру гьабураб жо гьаби гьелъул даража цогидал суннатал жалазул кири-даражаялдаса кигIан кIудияб бугебали. Гьеб свалат битIиялъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисалги гIемер руго.

 

Аварагас ﷺ абунила: «Щив чи вугониги щибаб къоялъ ва щибаб сордоялъ лъабго нухалъ диде свалат битIун, Аллагьас хIакълъунго гьесул мунагь чурула», - абун.

Аварагасде ﷺ свалат битIулев чиясе щола анцIго лъикIлъи, анцIго квешлъи тIаса инабула ва анцIго даража тIаде борхула. Аварагасде ﷺ свалат битIарал чагIазе къиямасеб къоялъ гьесул шафагIат щола, къиямасеб къоялъ гьев Аллагьасул ﷻ диналъе гIоло рухIги черхги кьурал шагьидзабазда гъорлъ чIезавула. Гьес битIараб свалат, гьев хун хадуб, гьесул хабада тIад гьесие мунагьал рахчи тIалаб гьабулеб букIунила.

ГIали-асхIабас бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунила: «Щив чи вугониги жинца хIеж борхун, цинги гьелда хадуб гъазаватги гьабун, гьес гьабураб гъазаваталъул гьесие хъвала ункънусго хIеж борхарабгIанасеб кири». Цинги жидеда хIежги гъазаватги гьабизе хIалкIоларел чагIазул пашманлъун ракI беканила. Гьеб мехалда Аллагьас Аварагасухъе ﷺ гьадин вахIю гьабунила: «Цониги чияс свалат битIиларила гьесие Аллагьас ункънусго гъазаваталъул кири хъван гурони, щибаб гъазаватги ункънусго хIежгун бугеб».

Хириял диналъул вацал! Нилъеца гьарулел гIибадатазухъ кири щвезе ккани, гьелъие шартI буго хIузуралда, хушугIалда гьаби. Гьедин гьабичIони, кириги букIунаро. Амма свалаталъухъ, хIузур гьечIого битIаниги, кири щола.

 

Мурад Къебедов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...