Аслияб гьумералде

Авараг кинав вукIарав?

Авараг кинав вукIарав?

Авараг вуго нилъее кинабго гIамалалъулъ мисалиявлъун. Щиб гIамал бугониги нилъеца гьабулеб, аварагасда нахърилъун гьабизейин абураб къасдалда бугони, щаклъи гьечIо, гьелъулъ ахираталда нилъее пайда букIиналда. Щайин абуни, кинабго нияталда бараб бугин абун бугелъул хIадисалда.

Гьединлъидал рехсей гьабила аварагас гьабулеб букIараб гIадатияб чанго гIамалалъул.

ПатIиматил вас ХIусеница бицун буго:

«Цо нухалъ дица инсуда (ГIали-асхIаб) цIехана рокъов вугеб мехалда авараг r кинав чи вукIаравилан. Инсуца абуна: «Рокъове вуссунелъул гьесул гIадат букIана гьеб гIуж лъабго бутIаялде бикьулеб. Цо гIуж букIана Аллагьасе гIибадат гьабун тIагIаталда инабун тIобитIулеб, цогидаб букIана агьлу-байталъе бихьизабураб, лъабабилеб - жиндирго напсалъе. Цинги гьеб жиндиего гьабураб бутIаги аварагас бихьизабун букIана жиндаги гIадамаздаги гьоркьоб, гьезул хIажат ккараб суал борхун тIобитIулеблъун», - ян.

КъватIиве вахъин кинаб букIарабин абидал, инсуца бицана:

«Аллагьасул расул вукIана кколеб бакIалда гурони кIалъачIого мацI цIунулевлъун. Гьес гIадамаздехун гьоркьоблъи хIерен гьабун гурони аскIов вугев хехго нахъе унеб хIал гьабулароан, щибаб къавмалъул чиги кIодо гьавулаан. ГIадамазда гьоркьоб бугеб ахIвал-хIалалъул цIех-рех гьабулаан. ЛъикIаб иш ритIухъ гьабун цогидаз мисал босиледухъ гьеб берцин бихьизабулаан, къабихIабги къабихI бихьизабун гьелдаса цIунулаан», - ян.

Гьесул мажлисалъул цIехедал абуна:

«Авараг вукIана пайдаяб гурони данделъиялда гIодов чIоларевлъун. АсхIабзаби данделъараб бакIалде щведал, гIодов чIолаан мажлисалда ругел гIадамазул ахирисеб бакIалда. Цояв цогиясдаса тIокIав гьечIин, гьедин гьабейин цогидаздаги малъулаан. Мажлисги гьесул букIунаан гьаракь борхулареб, хIелмуялъул, ничалъул, сабруялъул, аманаталъул бицунеб. Щив чи вачIаниги аскIов гIодов чIезе яги хIажат цIехон, гьес сабру гьабулаан вачIарав нахъе инегIан. Гьесухъги гIенеккулаан бицунеб хабар лъугIизегIан. Гьесул тIабигIаталдасан букIана рукъалъул ишазулъ гьабулелъе кумек гьаби», - ян.

Асвад абурав асхIабас бицун буго:

«Цо нухалъ дица ГIаишатида цIехана кинав вукIарав авараг агьлу-хъизамалда гьоркьовилан. Гьелъ жаваб гьабуна: «Аварагас , щибго намуслъичIого, рукъалъул гьарулел ишазулъ чIужуялъе кумек гьабула. ХIажатабщинаб жинцаго гьабула, хьитал рукъула, ретIел къачIала», - ян.

Авараг вукIана асхIабзабазул ахIвалхIал цIехолевлъун. Цонигияв вихьичIого мех бани, гьесул баян лъазабулаан. Гьев рикIкIаде ун ватани - дугIа гьабулаан, шагьаралдаго ватани - зияраталъ унаан, унтун ватани - ваккизе щолаан. Аварагас жидер гьабулеб бугеб къимат бихьидал, гьезул щивасда ракIалде кколаан жиндаса гьесие хирияв асхIаб ватиларин абун. Кинаб хIалалда вугониги гьесда Аллагь кIочон толароан, заманги тIамулароан Гьесие гIоло гIамал гьабун гурони. Гьев r вукIана рохел даимав, гIамал-хасият берцинав. Бокьулареб жо лъидаго бадибе абулароан, гьабулеб хитIабалъулъ, гIаммаб къагIидаялда бицун гурони.

Авараг вукIана асхIабзабазул ахIвалхIал цIехолевлъун. Цонигияв вихьичIого мех бани, гьесул баян лъазабулаан. Гьев рикIкIаде ун ватани - дугIа гьабулаан, шагьаралдаго ватани - зияраталъ унаан, унтун ватани - ваккизе щолаан. Аварагас жидер гьабулеб бугеб къимат бихьидал, гьезул щивасда ракIалде кколаан жиндаса гьесие хирияв асхIаб ватиларин абун. Кинаб хIалалда вугониги гьесда Аллагь кIочон толароан, заманги тIамулароан Гьесие гIоло гIамал гьабун гурони. Гьев r вукIана рохел даимав, гIамал-хасият берцинав. Бокьулареб жо лъидаго бадибе абулароан, гьабулеб хитIабалъулъ, гIаммаб къагIидаялда бицун гурони.

Гьес гIемер абулаан: «АсхIабзабазул рахъалдасан дихъе лъикIаб гурони хабар щвезабуге, дие бокьула нужехъе разияб гьумергун, рагьараб керенгун вачIине», - ян.

АсхIабзабазда дандчIвайдалги, салам кьун гурони, квер бачунароан, кверги дандияс нахъе босизегIан бачаралъуб толаан, дандияв ун гурони гьесда аскIоса живго нахъеги унароан. Щив вугониги данде ккедал, гьесда тIад квер бахъун, дугIа гьабулаан. Лъица вугониги ахIани, «Лабайк», дун хIадурав вугин абулаан. Ансаразухъе гIемер зияраталъ хьвадулаан, гьезул лъималги аскIоре рачун реэдулаан.

Лъимал-хъизамазда гурхIиялъулъги бищун гурхIулев вукIана. Лъималазда аскIове щведал, гьезие салам кьун, рекIелгъей гьабулаан. Гьединаб тIабигIат букIана аварагасул , Аллагьас гьесул шапагIаталдаса махIрум гьаругеги нилъ. Гьаб кинабго буго нилъецаги, гIемерисеб мехалда, гьабулеб гIамал. Гьединлъидал нилъее рекъола аварагас гьабураб, гьесул нух бугин абураб нияталда рагъа-рачари гьабизе.

Аллагьас нилъ гьареги гьесул r нух ккураллъун! Амин!

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...