Аслияб гьумералде

Дуца кьуни, дуеги кьола

Дуца кьуни, дуеги кьола

Дуца кьуни, дуеги кьола

БетIергьан Аллагь вуго сахаватав, квер биччарал гIадамал рокьулев. Жидер бугеб чидае кьолезде Гьес баракат чваххизабула, рукIа-рахъиналъе гьабулеб пишаялъулъ бигьалъиги кьола. Къарумал, хъантIарал гIадамал Аллагьасе рихарал руго, гьезул боцIи-мал гIемер бугониги, баракат гьечIеб букIуна, гьабулеб магIишатги захIмат бихьараб букIуна. Сахаватлъи ккола бусурбанчиясул тIабигIатазул бищун цебесеб, хIатта гьеб буго Аллагьасул сипатазул цояб.

 

Къарумал какун, сахаватал реццун бачIараб хIадисалда буго: «Сахаватлъи буго жиндир кьалбал Алжаналдаса ругеб гъветI. Гьеб гъотIол гIаркьалабазда хурхин тIалаб гьабурав Алжаналде лъугьинчIого чара гьечIо. Къарумлъиги буго гьебго гъветI, жиндир кьалбал жужахIалъур ругел. Гьелъул гIаркьалабазда хурхин тIалаб гьабуравги ахир-къадги жужахIалде ккола», - абун (Байгьакъи).

Хирияв Аварагас ﷺ абун буго: «Алжан сахаватал гIадамазул рукъ буго», - ян. Садакъа кьеялда сахаватлъи бихьизабиги балъго гьабизе цIакъго хирияб буго. Ибну ХIибаница бицараб хIадисалда буго: «Балъгояб садакъаялъ Аллагьасул ﷻ ццим бахъин свинабула, гIагарлъи хурхинабиялъ гIумру халат гьабула, Аллагьас ﷻ амру гьабураб гьабиялдалъун балагьаздаса цIунула», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ мунагьал чури тIад гьабулеб жоялдасан ккола: мискинасе тIагIам кьей, гIадамазда гьоркьоб салам тIибитIизаби ва берцинаб калам гьаби», - ян.

Жакъа дунялалда рукIаго нилъее бугеб цоги талихIалдасан буго, хвараб къоялдеги батулеб, хведалги гьоркьоса къотIулареб, садакъатун жарият гьаби. Гьебги буго нух гьаби, кьо бай, мажгит-мадраса гIадаб жамгIияб бакIалде садакъа гьаби, Аллагьасул ﷻ нух ккураб наслу нахъе тей. Гьел гIамалал руго, нилъ хваниги, жал хIалтIизе ругел, кири бачIинги гьоркьоса къотIизе гьечIел пишаби.

Лъазе ккола нилъеде цогидазул бугеб хIажат Аллагьасул ﷻ рахъалдасан нилъедехун бугеб тIадкъай букIин. Щайин абуни, жакъа нилъехъ бугониги гьеб кколелъул Аллагьасул ﷻ буголъи ва лъикIалъе хIалтIизабизе нилъее рес щвараб.

Сахаватлъи жиделъ бугезул лъимал-хъизанал Аллагьас ﷻ балагьаздаса цIунула, квен-тIехалда, буголъиялда баракат лъола, хIажат гьечIел чагIи рикIкIад гьарула, халкъалда гьоркьоб къадру-къимат бахинабула.

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...