Аслияб гьумералде

Нилъ кантIизе кколеб

Нилъ кантIизе кколеб

Такъва ккола ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ бугеб хIинкъи. Гьеб цIакъ гъваридаб жо буго. Такъваги щивав чиясул батIи-батIияб букIуна. Такъва бугев ритIухъавлъунги вукIуна. Гьев хIинкъула ТIадегIанав Аллагьасдаса, гьабуларо кинаб бугониги мекъаб иш.

 

РитIухълъи ккола Аллагьасе ﷻ бокьулеб гIамал. Жиндирго хутIбаялда Абубакрица абуна: «Дица нужее васият гьабула Аллагьасдаса ﷻ хIинкъаян», - абун. ТIаде хвел бачIиндал, аскIовеги ахIун, ГIумар-асхIабасда абураб рагIи ккола: «Мун Аллагьасдаса ﷻ хIинкъа, ГIумар», - ян.

Авараг ﷺ вукIана бищун цIикIкIун такъва бугевлъун. Аварагас ﷺ абулаан такъва рекIелъ букIунин. Загьиралда нилъеца гьабулеб жо гуро такъва. Такъва бугев чиясул загьирги батIинги цадахъ букIуна. Гьеб ккола хIакъикъияб исламги.

ГIумар-асхIабас жиндирго вас ГIабдуллагьихъе хъвана: «Дица дуе васият гьабула Аллагьасдаса ﷻ хIинкъайилан. Гьевгун мун чара гьечIого дандчIвазе вуго», - ян.

Балагье ГIумар-асхIабасул рагIабазул гъварилъи. Гьес гIемераб пайдаяб хIалтIи гьабуна халипат цебетIезабиялъе. Цо нухалъ ГIумар-асхIабасда абула: «Мун нижеда гьоркьов вугебгIан заманаялъ гIадамал лъикIлъиялда рукIина», - ян. ГIумар-асхIабас абула: «ГIадамал лъикIлъиялдаса унаро гьел Аллагьасдаса разиго ругелгIан мехалда», - ян.

ГIали-асхIабас абуна: «Дунялалъул рокъор сайидзабилъун ккола сахаватал гIадамал, ахираталда сайидзабилъун ккола Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарал гIадамал», - ян.

МугIаз бин Жабалица абуна: «Такъва нахъе унаро хIалалаб жо течIебгIан заманалда, ай хIарамаб жоялде ккезе гурин хIинкъун».

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Нуж Аллагьасдаса хIинкъа хIакъаб хIинкъиялдалъун», - илан (сура «Алу ГIимран», аят 102). ХIисаб гьабуни, нилъ хIинкъизе кколеб аят буго гьаб.

Ибну МасгIудица гьеб аяталъул хIакъалъулъ гьадин абуна: «Аллагьасе мутIигIлъе гIасилъи гьабичIого, Аллагь рехсей кIочон течIого ва Аллагьасе ﷻ щукруги гьабе», - ян.

Гьелъие тафсир гьабулаго аварагас ﷺ абуна: «Кидаго Аллагьасе мутIигIлъун рукIа, гIасилъичIого. Аллагь рехсолеллъун рукIа, Аллагь кIочене течIого. Щукру гьабулеллъунги рукIа, гьеб кIочон тун рукIинчIого», - ян. Гьаб аят рещтIиндал, асхIабзаби гIодана: «Кинха нижеда кидаго Аллагьги ﷻ кIоченчIого рукIине кIолел?» - янги абун. Гьеб мехалъ аварагас ﷺ абуна: «Нужеца, ГIиса аварагасул къавмалъ гIадин, «мутIигIлъизеги мутIигIлъана, нахъеги гIассилъана», - ян абизейищ бокьун бугеб? Аллагьас ﷻ амру гьабураб хIалалда рукIа», - ян.

АсхIабзабазги таваккал тIамуна гьедин рукIине ругин (лахIзаталъ Аллагь ﷻ кIоченчIого, лахIзаталъ Аллагьасде ﷻ гIасилъичIого) ният-къасдги гьабуна. Гьезул ниятазулъ унго-унгояб ритIухълъи ккун хадуб, Къуръаналъул аят рещтIана (магIна): «Нуж Аллагьасукьа хIинкъа нужеда хIалкIвараб къадаралда», - абун.

Такъва бугел, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъулел чагIазе бугеб даражаялъул бицарал гIемерал аятал руго Къуръаналда. Аллагьас ﷻ такъва бугел чагIи кутакалда реццулелги руго: «Аллагьасукьа хIинкъа нуж, гьеб буго унго-унгоял, щулиял, къвакIарал ишаздасан», - ян.

ГIумар бин ГIабдулгIазизица абуна: «Такъва, гIицIго къад кIал кквей, къаси сардилъ какал рай гуро. Такъва ккола Аллагьас ﷻ хIарам гьабураб тун, Аллагьас ﷻ тIадкъараб тIубан рукIин. Гьелдаса хадуб лъикIлъиялъе ризкъи кьурасе, лъикIлъиялде тIаде лъикIлъи щварав чи ккола», - ян.

Жакъа гIадинаб гIемераб пасалъи тIибитIараб заманалда нилъ цIакъго хIажат руго такъваялда тIад хIалтIи гьабиялде. Амма нилъеца щварабщинаб кваналебги бугони, кинха гьеб цIикIкIинеб?

Къуръаналда буго (магIна): «Нуж Аллагьасукьа хIинкъа, Аллагьас нужеда гIелму малъизе буго», - ян. Аллагьас ﷻ малъулеб гIелму я цIалун, я рагIун лъалеб гIелму гуро, гьеб буго унго-унгояб хIалалъ Аллагьасукьа ﷻ хIинкъараб мехалъ Аллагьас ﷻ нилъер рекIелъе рехулеб гIелму. ТIарикъаталъул чагIаз гIемер бицунеб «гIелмул батIин» буго гьеб, гьанжесел бидгIачагIаз жинде инкарги кколеб, Къуръаналда гьеб гIелму Аллагьас ﷻ кьолин абунги букIаго.

Цере рукIарал гIалимзабаз щаклъи бугеб хIалалаб жоцин толаан, хIатта кванилъцин, хIарамаб батизе гурин хIинкъун. Нилъер гIамалалин абуни гIаксалда руго. ХIарамаб жо кваналеб батула якъинго лъалеб бугониги ва гьелъул кIварги гьабуларо.

Гьединго нилъ зигардула берцинго как базе, тIагIат гьабизе бажарулеб гьечIин абун. ГIасилъиялда ругел, хасго якъинго хIарамаб жо кванарал лугбал, бацIцIадаб тIагIат гьабиялъе мукIурлъуларо.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...