Аслияб гьумералде

Духъе вачIарав чапар

Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.

 

Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги, биччаге къиматаб заман гIадада хвезе. ХIаракат бахъе гьоркьоб биччанщинаб бецIизе ва хутIарал къояздаса кIванагIан пайда босизе.

 

Рамазан моцIалъул лъикIлъи

«ШугIбул иман» абураб тIехьалда Абу ан-Надрица хъван буго: «Дида рагIана Жабир ибну ГIабдуллагьица бицанин, Аварагас ﷺ абунин, дир умматалъе рамазан моцIалъ кьуна дидаса цере рукIарал аварагзабазул цонигиясе кьечIеб щуго (хасаб) хасиятилан абун.

  1. Рамазан моцIалъул тIоцебесеб сордо щведал, ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьезухъ валагьула (Жиндирго хасаб рахIматалдалъун), жиндихъ Аллагь ﷻ валагьарав чиясе гIазабги гьабуларо.
  2. ХIакълъунго, кIал биччалеб заман тIаде щвараб мехалъ, кIал ккурав чиясул кIалдиса бачIунеб махI Аллагьасе ﷻ мискалъул махIалдасаги цIикIкIун гьуинаб букIуна.
  3. ХIакълъунго, малаикзабаз гьезие мунагьал чури гьарула щибаб сордоялъ ва щибаб къоялъ.
  4. Аллагьас ﷻ Алжаналде амру гьабула ва абула: «Дуца мунго берцин гьабе ва Дир лагъзадерие мунго хIадур букIа, гьел дунялалъул захIмалъабаздаса хIалхьезе ва Дир рукъалде лъугьине, Дир рахIмат щвезесел ругелъул», - ян.
  5. Ахирисеб рамазаналъул сордо тIаде щведал, Гьев киназдасаго (умматалдаса) тIаса лъугьуна.

Цинги гьенив вукIарав цо чияс гьикъула: «Гьаб Лайлатул Къадриялъул сордойищ?» - абун. Аварагас ﷺ жаваб гьабула: «ХIалтIухъабазе хIалтIи лъугIидал мухь тIубанго кьоларищ?» - ян.

ХIадисалъул ахирисел рагIабазул магIна гьабуни, суал кьолесда ракIалде ккола гьедигIан кIудияб кири цохIо Лайлатул Къадриялъул сордоялъ гурони букIунарин. Амма Аварагас ﷺ гьеб гьедин букIунареблъи баян гьабула: Аллагьас ﷻ, жиндирго гIорхъи гьечIеб рахIматалдалъун, нилъер умматалъе рамазан моцIалъул ахиралда тIубараб, камилаб мунагьал чури ва кIудияб кири кьолинги абун. Гьебги релълъинабуна хIалтIухъабазе жидер захIматалда рекъон кьолеб мухьалда.

 

Рамазан - Аллагьасул чапар

Рамазан моцI релълъуна султIанас жиндирго халкъалъухъе витIарав чапарасда. Халкъалъ гьев чапарасул букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьесул тIадегIанаб даражаги къадруги цIунани, цинги султIанасухъе гьев чапар разилъун тIадвуссун вачIани, гьезул адаб-хIурмат бихьун султIанасул гьездехун рокьи цIикIкIине буго. Амма халкъалъ чапар хIакъир гьавуни, адаб-хIурмат гьабичIони, гьезда ццим бахъун чапар султIнасухъеги вачIани, гьесул ццим бахъина. Гьединго, ТIадегIанав Аллагь ﷻ разилъуларо баракатаб рамазан моцIалъул хиралъиялъул кIвар кьечIого тарав чиясда. Рамазан моцI буго тавбуялъул ва мунагьаздаса рацIцIалъиялъул заман. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахъалдасан вачIарав чапар. Гьаб моцI кIодо гьабурасул Аллагьас ﷻ мунагьал чурила ва Алжаналдеги лъугьинавила.

АнцIила кIиго моцI ккола Якъуб аварагасул анцIила кIиго васасда релълъараб. Рамазан моцIги буго Юсуф аварагасда релълъараб - бищунго гьесие хирияв вас. Инсуе Юсуф лъималазул бищунго хирияв вукIарав гIадин, рамазан моцIги ккола Аллагьасе ﷻ бищун хирияблъун.

Гьеб кIудияб рахIмат буго МухIаммад аварагасулﷺ умматалъе. Щайгурелъул, Юсуф авараг вацаздаса тIаса лъугьана, гьез гьесдехун кIудияб вахIшилъи гьабуниги.

Рамазан моцIин абуни жеги тIадегIанаб буго. Гьелда жаниб батула гурхIел-рахIму, баракат, лъикIлъи гIемерлъи, жужахIалъул цIаялдаса хвасарлъи ва ТIадегIанав Аллагь ﷻ тIаса лъугьин.

Хьул буго гьаб баракатаб рамазан моцIалда жаниб нилъехъа ккарал гъалатIал ритIизаризе кIвелин абураб.

 

Арсланали ГIумаров

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...