Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аллагь ﷻ жидедаса разилъаял асхIабзабазги, гьезул нухдасан арал имамзабазги, вализабазги, гIалимзабазги кIудияб кIвар кIвар кьолаан хирияв Аварагасул ﷺ суннат цIуниялде. ГIумар-асхIабас ХIажрул асвадалда (чIегIераб гамачI) убач гьабулаго, абулаан: «Аллагьасул ﷻ Расулас дуда убач гьабулеб бихьун букIинчIебани, дицаги дуда убач гьабилароан», - илан.

 

Жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв Къурратил МугIамиятица Аллагьасул ﷻ Расуласе ислам босизе къотIи гьабураб мехалъ Аварагасул ﷺ халгIаталъул букIдул ричун рукIанила, гьелда хадуб МугIавиятилги гьесул васасулги букIдул ричун гурони рихьичIила я риидал, я хасало. Аварагасул ﷺ ретIунеб ратIлил къагIидацин цIунизе хIаракат бахъулаан асхIабзабаз.

Аллагь ﷻ разилъаяв Мужагьидица бицана: «Аллагь ﷻ разилъаяв ГIумар-асхIабасул вас ГIабдуллагьгун ниж сапаралда рукIана, цинги цо рахъалде кьурана ГIабдуллагь. Гьесда цояс гьикъана дуца гьеб сундуе гIоло гьабурабилан. Гьес абуна: «Авараг нухлул гьаб бакIалда кьурулев вихьана, гьелъ дицаги гьебго гьабуна», - ян.

Гьединго  ГIабдуллагь Маккаялдаги Мадинаялдаги гьоркьоб бугеб нухда цо гъотIокьеги ун кьижулаанила, жинда гьенив Авараг ﷺ кьижулев вихьанинги абун.

Дунялалда суннат таниги бегьулиланги абун, суннат тарав чиясда Алжаналда бихьизабизе буго гьеб суннталда хасаб даража ва гьесдаги абизе буго гьаб даража дуе кьечIониги бегьулилан.

Жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв ГIабдулкъадир Геланияс абуна: «Мун Аллагьасде ﷻ гIагарлъе, Аллагьасул ﷻ Расуласул кверги ккун», - илан.

Нужеда лъай, Аллагьасул ﷻ Расуласда ﷺ нахърилълъиналдасан ккола гьесул шаригIатги, тIарикъатги, хIакъикъатги, ай Къуран-хIадис халкъалда бичIчIизабулел хIакъал имамзабаздаги, гIалимзабаздаги, вализабаздаги, шайихзабаздаги нахърилълъин. Гьеб нахърилълъиналъул хIакъалъулъ хирияб Къуръаналда аяталги ва Аварагасул ﷺ хIадисалги гIемер руго.

Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Мун Дидехун, ай Аллгьасдехун руссаразул нухда нахъвилълъа», - ян. Гьединго Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеда лъалареб батани, нужеца гIелмуялъул агьлуялда гьикъе», - ян.

Гьединлъидал жал Къуръаналдаги хIадисаздаги гурони нахърилълъунариланги абун, имамзабаздаги, гIалимзабаздаги, вализабаздаги нахърилълъунарел, гьез хъварал тIахьазде инкарги гьабулел гIадамал тIоцере жалго ккола Къуръан-хIадисазда нахърилълъунарел чагIи. Щай абуни, имамзаби, гIалимзаби, вализаби ккола халкъалда Къуръан-хIадис бичIчIизабулел гIадамал, гьезда нахъвилълъунарев чиги ккола Къуръан-хIадисазда нахъвилълъунарев. Гьединав чи живгоги къосарав, жинца гIадамалги къосинарулевлъунги ккола. Аллагьас ﷻ цIунаги.

Суннатин абураб жоялдаса Аварагасул ﷺ гIаммаб нух абураб мурад буго, ай Хирияс ﷺ гьабейин абураб гьабун, теян абураб тун.

Нилъер хирияв Аварагас ﷺ абулеб буго: «Нуж Алжаналдеги гIагар гьарулеб, ЖужахIалдаса рикIкIадги гьабулеб, жиндалъун дица нужее амру гьабичIого тараб щибго жо гьечIо. Нуж Алжаналдаса рикIкIадги гьарулеб, ЖужахIалде гIагарги гьарулеб, дица нужее гьукъичIого тарабги цониги гIамал гьечIо», - ян.

 

МухтарахIмад МухIаммадов

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...